МагъчIваялъе рес

Цебе нилъер тахшагьар Джелалабад букIун рагIула…


Р. ГIабдулатIиповасул ва кIиго лъагIалил нухмалъиялъул хIакъалъулъ.

«Жакъа Дагъистаналда гражданинасе хIинкъи буго хIинкъигьечIолъи цIуниялъул органаздаса. Бищунго цIикIкIун ришватал росиги, коррупцияги буго коррупциягун ришватаздехун къеркьезеян пачалихъалъ тIад къарал идарабазда. Дида цере рукIараз санагIалъи гьабуна бугеб ахIвал-хIалалда ва рекъон хIалтIана жидеда сверухъ ругел чагIигун. Гьез кваназеги кванана гьел бутIрул. Жакъа дица цебе лъолеб буго цIияб масъала – сверухълъиялда рекъон хIалтIизе гуреб, жибго гьеб сверухълъи хисизабизе. БатIияб нух гьечIо Дагъистан хвасарлъиялъе» - ян Рамазан ГIабдулатIиповас республикаялъул парламенталдеги, халкъалдеги абуралдаса битIун кIиго лъагIел сверана. (2013 абилеб соналъул 8 абилеб сентябралда вищана гьев официалияб къагIидаялъ щуго сонил болжалалъе республикаялъул бетIерлъун).

КIванищха ГIабдулатIиповасда гьеб сверухълъи хисизабизе абун жакъа суал кьуни, тIубанго цоял цоязе гIаксиял жавабал рачIина жамгIияталдаса. ТIоцересез абила, щиб хисараб жо, 80 проценталдасаги цIикIкIун нухмалъуда ругин МухIамадгIалица хъулухъ кьурал, гьес хьихьарал чагIиян. Гьеб ГIабдулатIиповасда якъинго бихьун батила гIурус театралда жинца МухIамадгIалида баркигун варххиялда тIадеги рахъун гьесие чIвалеб хъат сасизабизе кIолареб жиндир хIукуматалъухъ балагьун. Дедушка трибуналдеги, трибуналдаса тIад вуссунги инегIан кинабго парламентги, правительствоги гIодоб чIечIо. Гьеб буго хважаинасе гIурхъи гьечIеб ритIухълъи загьир гьабиялъул гIадаматлъун. Гьеб ахIвал-хIалалда «дун вачIана сверухълъи хисизабизе» абурал рагIаби дагьал санагIат гьечIого лъугьунел ругоян абила пессимистаз.

Хисизабуна ГIабдулатIиповас, анцI-анцI сонаца Дагъистаналъул халкъ ижараялъе росун гьезда зулму гьабулел гIангразда гудрал рана абулеги камилищха? Гьел мекъи ругинги кинха абилеб, 90 абилел соназул фиргIавнал цоял маххул хьуриялда нахъе, кIиабилел - улка тун къватIире, лъабабилел - цIех-рехалда гъоркь, ункъабилел - «мустахIикъаб хIалхьиялде» араб мехалда? Данде чIараца абила гьеб иш ГIабдулатIиповасул гурин, МВДялъулги, цIех-рехалъул комитеталъулги, прокуратураялъулгиян.

Суал бачIунеб буго, ал ГIабдулатIипов вачIинегIан кир рукIарал? Марсалдайищ? Щибха кколеб бугеб нилъеца нухмалъулесе кьолеб къиматалъул? ЦУМалда аскIоб гIодобе бараб рищни-къулги, мекъи кьурал росдал магIишаталъул гранталги, ЦIунтIа районалда бухIараб росуги, Каспи ралъдалъа цIогьохъе кколеб ччугIаги, лъай гьечIел тохтурзабиги, чиновниказе нилъеца кьолеб, доз нилъехъа босулеб ришватги ГIабдулатIиповасул гIайиб рагIула. Гъов рагIула кинабго квешлъиялъе жавабияв чи, амма гьарурал лъикIал ишал ва гIадлу батIияз гьабураб рагIула. Кибха бугеб мантIикъ? (гIарабалъ логика абураб жо буго гьеб).

Нилъеца гIемераб жо хисизабизе бегьила нухмалъиялъулъ ва гIумруялъулъ. АнцI-анцI больницаби рала, нус-нус школал рагьила, къо гьоркьоб биччан министрал хисила, щибаб къоялъ рищиял тIоритIила, нухмалъиялъулъ ва тIалъиялда хиса-басиял гьарила, амма щивав чиясул гIаданиб нах хисичIого кинабгIаги хиси ва цебетIей Дагъистаналда лъугьине гьечIо. Щиб жо кколеб «гIаданиб нах хиси» абураб жо? Гьеб буго нилъер психология, пикру, дунял бихьи ва дунял биччIи хисизе ккей. Нилъеда рогьоги гьунарги, сурарабги берцинабги, битIарабги тIекъабги, Аллагьасул нухги, илбисалъул нухги батIа бахъизе лъай. Гьеб лъаларогойин ругел ал гIузраби.

Сон Расул ХIамзатовасул къотIнов поэзиялъул театралде унаго нухда ватарав цо гьудул кIариялда велъана гьебги щиб жоян. Гьеб буго цIакъ мухIканаб диагноз жакъасеб жамгIияталъе. Дица асда цIияб, Дагъистаналда цониги гьечIеб гIадаб берцинаб минаялда цере эхетарал Пушкинилгун ХIамзатовасул памятникалги, гьезие тIугьудул лъезе унел хъахIаб гурдалъ ругел ясалги рихьизаруна. Валагьана гьев ясал ругеб рахъалде, рихьичIо, гьел рихьизеги, букIаралъулгун бугелъул хIисаб гьабизеги бералги, гIаданиб нахги хIажалъула. Пайда щиб?...

КIиго соналъ цебе, 2013 абилеб соналъул риидал гьадабго минаялда цее жийго жинцаго кьвагьарай анцIила анкьго сон барай ясалъул къаркъалаялъул хутIелал ракIарулел рукIана полициялъ къотIноса ва сверухъ ругел чинаридул гъутIбуздаса. Шагьаралда букIана хIалуцинги, къват-къватIазда биги, къаси къватIире рахине хIинкъараб хIалги. Дида цебе буго дой ясалъ жийго жинцаго кьвагьараб къоялъ «Миллат» газеталъе хъвараб макъала тIад бугеб казият, «Хвалил махI бахъараб МахIачил хъала, хъумур кинигин дихъ буго балагьун буго…» абурал мухъалги лъун. Гьеб кIиго сураталъул кинаб жакъа хIажат бугеб Дагъистаналъе абураб суалалъе жеги чIван къотIараб жаваб бачIунеб гьечIо.

Гаргадулел руго киналго, гьадинаб жойищила букIунеб, Цумалда аскIоб бугеб рищни-къул щайила бихьулареб ГIабдулатIиповасдаян, ХIамзатовасул къотIноса ракIарарал къаркъалабиги, гьеб хисун щвараб парахатаб гIумруги Москваялъул иш рагIула. Цебе нилъер тахшагьар Москва гурони Кабулгун Джелалабадищ букIараб абураб суал хутIулеб буго жаваб щоларого.

XS
SM
MD
LG