МагъчIваялъе рес

Багъдадалда викъун вуго пачалихъияв хъулухъчи


Багъдадалда викъун вуго Юстициялъул министр хисулев ГIабдулкарим Фарес. Гьелъул хIакъалъулъ лъазабулеб буго ГIиракъалъул нухмалъиялъ.

Фаресил автомобиль чIегIераб ретIел ретIарал гIадамаз чIезабун букIин ва автомобилалъул шофер лъукъун вукIин гурони, тIокIаб лъалеб мухIканаб жо рагIуларо.

Министр хисулев викъиялъул багьана гьанжеги лъалеб гьечIо.

Араб анкьалда Багъдадалъул машрикъалъул рахъалда викъун вуго Туркиялъул 18 гражданав.

XS
SM
MD
LG