МагъчIваялъе рес

Украиналда хваразул къадар анкь азарго чиясдасаги тIаде ун буго


Бищун дагь босун анкьазаргоялдаса цIикIкIун чи хун ва 18 азарго гIанав чи лъукъун вуго вуго Украиналъул машрикъалъул рахъалда унеб конфликталъул хIасилалда.

Гьедин лъазабулеб буго Цолъарал миллатазул гIуцIиялъул докладалда. Бицен гьабулеб буго 2014 соналъул апрелалъул бакьулъа жакъаялде щвезегIан периодалъул.

ООНалъул тоххалчагIазул рагIабазда, хваразулги жидее зарал ккаразулги къадар букIине бегьула гьелдасаги гIуралъ цIикIкIун.

ТоххалчагIаз гьединго лъазабулеб буго, регионалъул гражданияб халкъалъул хIалги квешлъулеб бугин.

XS
SM
MD
LG