МагъчIваялъе рес

ТIагIарал, лъугIарал ва цIунун хутIурал


Умумузухъан щварал гIадатал жакъасеб Дагъисаналда цо бутIа тIагIун, цо хисун ва цо жеги цIунун хутIурал ругин абулеб буго этнографаз. «Эркенлъи» радиогун гара-чIвари гьабурав тарихчи ва этнограф Владимир Бобровниковас рикIкIунеб буго гIадат хисулел ругебгIан заманалда жанир гьел чIаго рукIунилан.

Инкъилаб бахъилалде цебесеб заманалдаса байбихьун Кавказалъул халкъазул ва хас гьабун Дагъистаналъул халкъазул гIадатазда тIасан гIемер хIалтIаби хъвалел рукIанила тарихчагIаз. Гьезул аслияб къадаралъ регион рикIкIунаанила цIакъго цебесеб заманалда букIараб жамгIияталъул хутIеллъун. Амма хадубккун гьеб гIелмияб пикру хисанин баян гьабулеб буго тарихчи, тарихиял гIелмабазул доктор Владимир Бобровниковас.

Жиндир заманаялъ, цIар рагIарав 19 гIасруялъул социолог Максим Ковалевскияс кIвар кьун лъазабулеб букIанила Кавказалъул ихтияр ва гьес Кавказ ва Дагъистан релълъинаулеб букIанила цIакъго цебесеб заманалдаса бачIараб жамгIияталъул хутIелалда. Гьес хал гьарулел ва мисалалъе рачунел жамагIатал, Гьидерил, Анцухъдерил ва ГIандалазул боял нахъ ккарал гурел, гIаксалда цIакъго цебетIураб хасият бугел жамгIияталда релълъинарунила хадусел тарихчагIи Мамайхан Агъларовас ва Дзахуровалъ. Гьел жамгIиятазул гьоркьолъаби релълъинарунила Грециялда рукIарал шагьарал-полисазул жамгIиятазда.

Владимир Бобровников: « Ковалевскияс некIсияб, цIакъго цебесеб заманалъул жамгIияталда релълъинаби какана Агъларовас. Гьес чIезабуна гIемерисел дандекквеяз, эркенал жамагIатазда рукIарал гьоркьолъаби релълъарал ругин Эллиназул цебесеб ГIециялда рукIарал полисазда. ХIакъикъаталдаги гIадатазда хурхун бицунеб бугонани, жамгIияалъул гIадатал, бидул рецIел боси ва цогидал ихтиряразда хурхарал гIадатал аслияб куцалда рикьакълъун тIагун руго.

ГIадатал рихьуларел куцалда хисулел рукIуна, гьел хисулелгIан мехалъ гьел ккола чIагояллъун. Руго тIуран тIагIарал гIадаталги. Хас гьабун Дагъисаналда рукIарал, амма жакъа тIагун ругел».

Гьеб гIадат букIанин гьелго эркенал жамгIиятазда. Масала, гьелго Анцухъдерил, Къаралазул, Гьидерил. Гьел жамгIиятазда жанир гIумру рекъезарулел шартIал чIезарулел рукIанила прецеденталъул аслуялда гьелда цIарги ишкIил букIанила. Хадубккун, шаригIат чIезабидал гьелъул шартIазда рекъезабун, хIата имамат гIуцIизегIан гьеб хIалтIизабулебги букIанила.

Владимир Боровников: « Щибаб жамгIияталда букIана ихияр, гьеб гIуцIун букIана гIадаталда ва фикъгьалъул кьучIалда. Гьенир рукIана рихьизарун щибаб лъугьа-бахъиналда кинаб тамихI гьабилебали.

15 гIасруялъго хъвай-хъвагIай гьабун бихьизабун буго масала, цо жамгIияалдаса чияс цогидаб жамгIиталдаса чиясухъа къарзалъ жо босун, нахъе кьоларго бугонани, гьеб нахъе кьоларго вугев чиясул ризкъ налъулас нахъе босулеб букIараб, жиндие щвезе кколеб жо щвезегIан нахъеги кьолеб букIинчIеб.

Гьеб кинабго гьабулеб букIана рагьун. ИшкIил тIубан тIагIана 18 гIасруялъул кIиабилеб бащалъиялда. Цин имамат чIезабун, хадубккунго Россиялъул кверщел бачIиналъги».

20 гIасруялде щунги тIагIинабизе кIолеб букIинчIеб, гIемерал дандеги къеркьарал гIадат букIанила бидул рецIел боси. Советияб заманалъги камулел рукIинчIила гьеб гIадаталъул дандерижиял.

ИшкIилалъул бицанани, жакъа гьеб ишкIил бугин абун гьелда релълъинабулеб бугила рекетлъи, амма гьеб мекъаб бугилан баян гьабуна тарихчияс. Цогидаб рахъалъ гьеб ишкIилалда данде рагъ балеб букIанила исламалъ. Ама бугила цо лъугьа-бахъин, Йеменалдаса вачIарав цIар рагIарав исламалъул гIалимчи, Кумухалда вукъун вугев АхIмад аль Яманида хурхараб, гьесул чIужу ятIалъун, босун кинабго буголъигун нахъе индал, гьес хIаракат бахъун бугила ишкIил хIалтIизабун, гьелъ араб боцIи нахъе щвезе, амма гьеб бажарун гьечIила гьесда.

ТIагIинчIогон, хисун хутIун ругел гIадатазул бицанани мисалалъе бачине бегьулила ЦIад гьариялъул гIадат. ГьабсагIаталдаги Хунзахъ мухъалъул БуцIра росулъ буго цIад гьарулеб нохъо, цIакъго цебесеб заманалдаса бахъун, гIадамал гьеб нохъоде ун гьарулеб букIун буго цIад. Жакъа къоялъ цIад гьари как бан мажгиталда гьабулила, гьеб кколила гIадат хисун цIунун хутIиялъул мисал.

Бобровниковас гьединго бицана хвел-рахъиналъул, ригьнал гIадатазда хурхун цо мухIканаб къимат кьезе бегьуларин, щай гурелъул гьел гIадатал кидаго хисулел рукIунел руголъун, масала ригьин гьабиялъул 50 соналъ цере рукIаралги жакъа ругелги гьел тIуран батIи-батIиял кколила.

Зияратазул гIадат гьединго бугила тIасан гIемрал бахIсал унел жалго бусурбабазда гъорлъ ва кидаго хисулел рукIунед. Цо зияратал Iагун цогидал рагьи ругьунаб иш бугила.

Владимир Боборвников: «Дагъистаналда бищун цIар рагIараб зиярат – АхIулгохI, гьеб баккана шагьидазул хабал гIадин 1839 соналъ. Дагь-дагьккун гьеб кIвар бугеб зияраталде сверана. Цогидаб зиярат, Утамыш рсулъ бугеб 18 гIасруялдасан дата бугеб инкъилаб бахъигун рехун тун букIана, гьабсагIатгьеб бахъинабун буго. Гьеб буго мисал традицияби хисулеле рукIиналъул».

Ислам тIибитIигун гIемрисел гIадатал ва исламалъул гIадамазул бичIчIи хисулеб бугила. Масала 17 гIасруялда букIараб бербалагьиги , жакъасеб бербалагьиги тIубан батIи-батIияб букIин бихьулила тарихиял хIалтIаби гьарулаго.

XS
SM
MD
LG