МагъчIваялъе рес

ГIицIго гIарац гIоларо Дагъистаналъул социалиялгун экономикиял проблемаби лъугIинариялъе


Дагъистаналъул социалиябгун экономикияб инфраструктура цебетIеялъул мурадалда регионалъе 70 млрд. гъурущ биччалеб бугин лъазабулеб буго Россиялъул тIалъиялъ. Гьеб гIарцудалъун федералияб централда ракIалда буго республикаялда халатбахъараб заманалда аслияллъун хутIулел ругел гIунгутIаби тIагIинаризе.

Шималияб Кавказалъул федералияб округ цебетIеялул программаялда рекъон, Дагъистан цебетIеялъул подпрограмма гIумруялде бахъинабизе федералияб бюджеталдаса 70 млрд. гъурущ биччазе буюрухъ кьун буго Россиялъул премьер-министр Дмитрий Медведевас.

Гьеб гIарац биччалеб бугин социалиябгун экономикияб инфраструктура цебетIеялъул мурадалда ва аслияллъун ругел гIунгутIаби лъгIизаризе ракIалда бугин республикаялдайин лъазабулеб буго премьер-министрасул пресс-хъулухъалъ. Новолак мухъалъул гIадамал нахъе рахъинари, Храх-Уба ва Урьян_Уба росабазул гочарал гIадамазе бакIал рай, ГьоцIдерил ГЭС биччай, 100 проценталъ киналниги цIалдохъаби цо сменаялда цIалулеб хIал гьаби, ясли-ахал рай - гьел киналго масъалаби гIумруялде рахъинаризе ракIалда буго тIалъиялда.

Дагъистаналъул Экономикаялъул министерлъиялъ баян гьабухъе, гIарац биччазе буго бутIаби ккун, 2025 соналде щун, гьеб заманалда жаниб, программаялда рекъон 76 азарго хIалтIул бакIал гIуцIизе ракIалда буго республикаялда. ГьабсагIаталда бищун цIикIкIараб къадар хIалтIи гьечIолъиялъул бугеб регион бугила Дагъистан. Хас гьабун ГьоцIалъ ГЭС хIалтIизе биччаялъул бицанани, гьелдаго цадахъ гIадамазе компенсацияби кьезе гIарацги биччалеб бугин гьеб подпрограммаялда рекъонин баян гьабуна министерлъиялъул вакил ИсмагIил МухIамадовас.

ИсмагIил МухIамадов: «ТIоцебесеб бутIа гIарцул биччалеб буго 2016-2017 соназда. Хас гьабун ГоцIалъ ГЭС хIалтIизе биччаялхъе 96 млн. гъурущ буго бихьизабун, гьенисан рецIалил гIарац кьезеги буго. ГIарац биччалеб буго Энергетикаялъул агентлъиялде, гьез хIукму гьабула мухIканго кинаб къадаралда кигIан гIарац биччалебали пуланал мурадазе».

ПалхIасил, якъинлъулеб гьечIо, гIаламазе рецIалил гIарац тIубараб къадаралда щвезе бугищали.

Гьединго агропромышленияб комплекс республикаялда бахъинабиялъеги бихьизабун бугин подпрограммаялда сурсаталин тIаде жубана министерлъиялда.

Хас гьабун Дагъистаналъе бихьизабураб гьеб подпрограмма бахъи лъикIаб иш бугин, цебеккун Чачан респуликаялда рагIалде бахъанин гьединаб прорамма гIумруялде бахъинабун. Гьанжениги Дагъистаналдаги гьеб байбихьи хIажатаб бугин рикIкIунеб буго экономист Халил Халиловас. Программаялда рекъон риччалел суртасат харж гьарун, амма хIасилал рихьичIогон хутIизе рес бугила полпрограммма гIумруялде бахъиналда хадуб хал кквей республикаялъул даражаялда гьабун толеб бугонани.

Халил Халилов: «Гьединабго подпрограмма буго Ингушетиялда хIалтIулеб, гьединго руго курортал церетIезариялъул подпрограммабиги.Гьанже лъагIан хасаб программа яги подпрограмма букIинчIо Дагъистаналъе бихьизабураб. Риччалел сурсатал битIун харж гьарилиялда хьул буго, гьелъие кIвар кьезе ккола Шималияб Кавказалъул ишазул министерлъиялъ. Федералияб даражаялда хал кколеб бугонани сурсатал харж гьариялда хадуб, гьеб гIарац кколел ориентиразде щвелилан хьул буго. Амма республикаялда жанибго тIубан толеб бугонани, божи гьечIо, гIарац битIун харж гьабиялда».

Ахирал саназ кIвар бугеблъун кколеб гIадамал нахъе гочинариялъул суал тIубазе ракIалда бугин тIалъиялда, амма аслияб куцалда Новолак мухъалъул ва Храх-Уба, Урьян-Уба росабазул суалал гIарцуда рарал гьечIин, гIарац цебе-цебеги, цIакъго кIудияб къадаралда биччан букIанин гьенибейин рикIкIунеб буго экономист, ва "Regnum» ИАялъул бетIерав редакор Константин Казениница. Экспертасул пикруялда ГIавухъ мухъ бахъинабиялъул политикияб хIукму гьечIолъиялда ва ракьазул суал мухIканлъун гьечIолъиялда бан буго иш.

Константин Казенин: «ГIадамал гочинариялъул бицанани, ахираб 20 соналъул хIалбихьялъ бихьизабухъе, гIарцуда бараб букIунаро. Новолак мухъалъул бицанани, гьеб чIун хутIулеб буго цо мухIканаб политикияб хIукму гьечIолъиялъ. Киналго гIадамазе гьечIо гарантиял цIияб бакIалда гьезул мухIканал ихтиярал рукIинин абун. Цоги гIунгуIти буго гьениб гьел гочинарулел гIадамазул сияхIал къойидаса къойиде цIикIкIунел рукIин. СияхIал хисун, гьел тIаде рачIун цо чIараб жо гьечIо. СияхIал къазе ракIалдаги гьечIо. Гьелъ гIарац биччаялъ гьеб суал тIубаларо. Храх-Уба ва Урьян-Уба росабазул бицанани, гьенибги мухIканаб къадар гIадамазул, кумак гьабизе кколел лъалел гьечIо. Гьединлъидал, гьеб гIарцуца хас гьабун гIадамал гочинариялъул гIунгутIаби лъугIизарилилан кколаро дида».

Экспертас тIаде жубана, Азерайджаналда гъорлъе арал Храх-Уба ва Урьян-Уба росабазул ракьал МухIарамкенталда рукIиналъ, гьебго мухъалда бхIизабун бугин ЦIияб росо абураб бакIалда гочарал гIадмазе ракьал. Амма документазда бихьизабураб цо, хIакъикъаталда гIадамазе кьезе рагIи кьун букIараб цогидаб къадар букIиналъ халатбахъунеб бугила гьеб проблема. Абизе ккола, 2014 соналда гьел росабазул гIадамал рази гьечIолъиялъул акция тIобитIизе рачIун рукIанин МахIачхъалаялъул аслияб майданалде, амма гьезул суал тIубазе рагIи кьеялда лъугIун бугин иш.

Гьединго, жеги мухIканго лъалеб гьечIо ГьоцIдерил ГЭС хIалтIизе биччазе бугеб заман. Гьеб хIалтIизе биччазе иргадулал болжал цIан рукIана 2015 соналъул июнь моцIалда.

XS
SM
MD
LG