МагъчIваялъе рес

Франциялъул лидерасда ракIалда буго «Нормандиялъул ункъилабалъул» данделъи бакIаризе


Франциялъул президент Франсуа Олландица лъазабуна, жинда ракIалда бугин Донбассалда загьирлъулеб конфликт рукIалиде бачиналъул суалал гьоркьоб лъеялъул мурадалда Германиялъул, Франциялъул, Россиялъул ва Украиналъул нухмалъулезул, ай, «Нормандиялъул ункъилабалъул» лидеразул данделъи гIуцIизезийн.

Гьединаб лъазаби гьабулаго, Олландица журналистазда абуна, иргадулал кIалъа-басаял тIоритIизе бегьулин Парижалда Цолъарал миллатазул гIуцIиялъул Генералияб Ассамблеялъул данделъиялда цебе сентябралъул ахиралдайин.

XS
SM
MD
LG