МагъчIваялъе рес

Гьезда хадур айги хутIаралщинал…


​(Ришиязул, чIвадарухъабазул, цIогьазул ва щал рищилел лъалареб халкъалъул хIакъалъулъ)

Сентябралъул бакьулъ республикаялда тIоритIизе руго рищиял. Бищизе буго шагьаразул, районазул ва росабазул бакIалъул нухмалъи – бутIрул ва законал рахъулел органал, депутатал.

Щиб кьезе бугеб нилъее гьел рищияз? Щвезе ругищ Дагъистаналъе лъикIал нухмалъулел? КIвезе бугищ гьезда гIадамазе гIадатиялниги рукIар-рахъиналъул шартIал чIезаризе абураб суал хутIулеб буго рагьараблъун.

Лъалеб букIахъе республикаялъул нухмалъиялъ чIезабуна тIаса гъоркье щулияб вертикаль ва гьечIо жакъа Дагъистаналда республикаялъул бетIерасе мутIигIаб гуреб кинабгIаги политикияб къуват.

Халкъалъул пикруялдалъун церехъаби рищулеб къагIидаялда къоно чIванин абизе бегьула. Халкъалъ рищулел руго гIицIго тIасан рищизе ихтияр кьурал нухмалъулел.

ХIабургъарал 90 абилел соназ нилъее кьун букIана ихтияр батIи-батIиял нухмалъулел рищизе. Рищизеги рищана нилъеца гьел, пайда щиб, цохIо нухалда нилъеца рищун хадур гьез байбихьана жалго жидецаго рищизе. Жакъа гьел хIабургъарал ункъоялда анцIабилел соназул лебалал гIолохъаби республикаялъул политикияб аренаялдаса нахъе ана. Цоял туснахъалъуре, кIиабилел - цIех-рехалдаса рахчун улка тун къватIире, лъабабилел - кьунщиналда щукруги, щванщиналда реццги гьабун хIалхьиялде ана. БатIи-батIиял рукIана гьел нухмалъулел.

Цо-цо бакIалда лъикIал ишалги гьаруна, цогидалъуб цо гIелалда бацIцIине кIолареб, тIадбуссин гьечIеб хIалалъ шагьар хвезабурал хIужабиги ккана. Гьез кинабго гьабулеб букIана жидедаго бичIчIухъе. Пайда щиб гьезул бичIчIиги лъайги букIана гIей гьечIеб, гIадамаздаса батIияб, жидеего хасиятаб. Халкъалъ къабул гьабулеб букIана тIаса гьоркье гъоз кьураб, гьел рукIана мисалаллъун гIолеб гIелалъе. Гьезул «кумекалдалъун» гIезаруна нилъеца цоял цогидаздаса сурарал ишал гьарулел бегIукъал ва моралиял инвалидал. Гьел лъугьана гIун бачIунеб гIелалъе мисалаллъун.

Гьелъие цо мисал. РакIалда буго 20I0 абилеб соналъ МухIуца Москваялъул тIалабалда рекъон вице-премьерлъун МухIамад ГIабдулаев тIамурабго (хадув президентлъун тезе хIисабалъ) «Эхо Москвы» радиоялдаса Юлия Латининица абулел рукIарал жал: «Дагъистаналъул хIакъикъаталда вице-премьерлъун тезе хIажалъула анцIгониги чиги чIварав, чанго квартал минабиги кьвагьарав чи. МухIамад ГIабдулаев рагIула гьоцIо бичулев чи, щиб кIвелеб гьесда Дагъистаналда гьабизе?» - ян абуна Юлияца.

Гьаб пикру чIобогояб бакIалда бижараб жо гурелъул. Гьеб букIана щуго соналъ цебе Дагъистаналда букIараб хIакъикъат. Жакъа власталъ гьел кварталал кьвагьарал чагIиги нахъе рачун жидерго чагIи толел руго хъулухъазда. Рищиял гьечIо хIакъикъиял ва гьеб лъиениги цIияб хабар гуро. Нечезе ккараб хIалги буго къоло цоабилеб гIасруялда гIадамазда жидеего мустахIикъаб тIалъи бищизе лъалеб гьечIин абизеги. Амма ихтиярал кьолел гьечIин абулеца лъикI букIинаан цо лахIазаталъниги хIисаб гьабуни, щив бергьунев метер тIолгохалкъалъул рищиял риччани мэрлъун, яги депутатлъунали?

Нахъойги нилъеца рищизе руго долго 90-абилел соназул лъимал. Нилъер гIаданиб жеги ханлъи гьабулеб буго долго Калашниковазгун бакI- бакIазда бомбабиги лъун рахъунел кьвагьияз. ГIемерисел бачал гIадин унел руго дозда хадур. Гьеб «лагълъиялда» Дагъистан тархъан гьабизе ахир лъуралгIайги ратаги цIиял «рищиялин» цIар бугел жал.

Дица беццулеб гьечIо жакъасеб хIакъикъат. ГIемерисеб мехалда нилъеца вищизе кколев вуго хIакимлъун я цIогьор, яги чIвадарухъан, батIияб ресго хутIулеб гьечIо. Гьезул кинавха лъикI абураб суалалъе дица жаваб кьелаан машгьурав шагIир Иосиф Бродскияс жиндир гьудуласухъе хъвараб жавабалдалъун: «Говоришь, что все наместники - ворюги? Но ворюга мне милей, чем кровопийца …» - ян.

КIиго квешлъиялдаса дагьаб тIаса бищеян абула гIурусаца. ЧIвадарухъаби дагь-дагь ккун рагIдукье ана, гьезда хадур айги хутIаралщинал - цIогьалги, ришватчагIиги, хIелхIелчагIиги ва цогидаб хъуш-хъаламгиян дугIа гьабизе лъикIан жакъа Дагъистаналъе.

XS
SM
MD
LG