МагъчIваялъе рес

Австралия хIадураб буго мигрантал къабул гьаризе


Австралиялъул премьер-министр Тони Эбботица гьатIан къоялъ лъазабуна жиндир улка хIадураб бугин Сириялдаса ва ГIиракъалдаса лъутарал ракълилал гIадамал цIикIкIараб къадаралда къабул гьаризе ва гуманитариял ишазе гIоло биччалеб гIарцул къадарги цIикIкIинабизе.

2014 соналъул июль моцIалдаса байбихьун 2015 соналъул июнь моцI щвезегIан Австралиялъ тIолго дунялалдаса къабул гьабуна 14 азаргогIан чи. Гьездаса ункъазаралда щунусгогIан чи ккола Сириялдаса ва ГIиракъалдаса лъутарал.

Австриялъ ва Германиялъ шамат къоялъ жирего гIурхъаби рагьун Сириялдаса лъутарав аза-азар чи виччана жидерго улкабазде. Австряилде анлъазаргогIан, Бавариялде – анкьазаргогIан мигрант вачIун вуго.

XS
SM
MD
LG