МагъчIваялъе рес

Керри Лавровгун кIалъана


Цолъарал Штатазул Пачалихъияв секретарь Джон Керрица Россиялъул къватIисел ишазул министр Сергей Лавровасде, телефоналъ ахIун, абуна, Вашингтоналъул рахIат хвезабун бугин Россиялъ Сириялда жиндирго рагъулаб асар цIикIкIинабун букIиналъ.

Америкалъул пачалихъияб департаменталъул баяналда рекъон Керрица абуна, гьадинаб информация ритIухъаб бугони, гьелдалъун Сириялда ракълилаб халкъалда гъорлъ камиязул къадар ва гьениса къватIирехун гочунел гIадамазул къадар цIикIкIине бегьулин.

Гьеб гуребги, Исламияб пачалихъалде данде рагъ бачунеб халкъаздагьоркьосеб коалициялъулгун Россиялъул гьоркьобакI квещлъизе рес бугин.

Магърибалъул прессалъ ахирисеб къоялъ лъазабулеб буго Сириялда Россиялъул рагъулал хъулухъчагIи ва боржараби тIатинарун ругин.

XS
SM
MD
LG