МагъчIваялъе рес

Асадие гьабулеб Россиялъул кумекалъ Америкалъул рахIат хвезабулеб буго


The New York Times газетаялъул баяналда рекъон Сириялда цIикIкIунеб буго Россиялъул рагъулал гIакълучагIазул къадар. Россиялъ Башар Асадил низамалъе гьабулеб бугеб квербакъиялъ ХъахIаб Рукъалъул рахIат хвезабулеб бугин. Рехсараб газетаялъ мисалалъе рачунел руго Америкалъул цо-цо тIадтаразул рагIаби. Амма гъозул цIарал рехсон гьечIо.

Гьезул баяназда рекъон Россиялъ Сириялъулгун мадугьалихъ бугел улкабаздехун буссун, изну гьарулеб бугин гьавадул гIатIилъиялда жидерго транспорталъулаб авияция хIалтIизабизе.

Нагагьлъун гьадинаб изну щвани, Россиялъе рес щвела Сириялде азаргогIан жиндирго рагъулав хъулухъчи витIизе.

XS
SM
MD
LG