МагъчIваялъе рес

Буйнакскалъул цо-цо гIадамал шагьаралъул бетIерасде данде рахъана


Рузман къоялъ Буйнакскалдаса 40 гIан чи вачIун вукIана республикаялъул прокуратураялде гьезул шагьаралъул нухмалъулев вищиялда хурхун гьарун ругел хиса-басияздаса разигьечIолъи загьир гьабизе. ГIадамаз бицухъе, Буйнакскалъул нухмалъи ва шагьаралъул депутатазул данделъиги цадахъ рекъон шагьаралъул мэр 8 абилеб сентябрялда вищизе вугин абураб хIукму гьабун буго.

Гьеб хIукмуялъ жидер ихтиярал хвезарулел ругин, жидее бокьарав чи бетIерлъун вищизе толев гьечIин абун бицана «Эркенлъи» радиоялъе Буйнакскалдаса жамгIияв хIаракатчи ГIалибег Зайнудиновас.

ГIалибег Зайнудинов: «13 сентябралда Буйнакскалда тIоритIизе ккола бакIалъул депутатазул рищиял. Гьел рищун хадуб гьез вищизе ккола мэрги. Киса-кибего гьеб къагIида букIуна шагьаралъул нухмалъулев вищиялъул. Буйнакскалъул нухмалъиялъин абуни мэрасул рищиял гьеб шагьаралъул цIиял депутатал рищилалдего тIоритIизехъин руго 8 абилеб сентябралда.

Шагьаралъул бетIер ХIусен ХIамзатовасул рахъкколездасан гIуцIун буго нижер гьаб сагIат бугеб шагьаралъул депутатазул мажлисги. Гьез ХIамзатов яги цойги гьес абурав чи вищиларищха. ЦIиял депутатаз гьев вищичIого вукIине рес букIин бичIчIун гьабулеб бугеб жо буго гьез гьеб рищиязда хурхун базар. Ниж гьеб киналдаго разигьечIо.

15 соналъ Буйнакскалъе нухмалъи гьабуна ХIамзатовасги гьесул гIараглъиялъги. Гьеб заманалда жаниб шагьар чIунтизаби гурони, тIокIаб цебетIей гьечIо. Шагьаралда гIадамазе гьечIел шартIазги, гьениб ХIамзатовасул чагIи гурони церетIезеги риччалел гьечIолъиялдаса разигьечIо ниж. Нижее къваригIун вуго хIалтIиги гьабулев, халкъалъе пайдаги бугев бетIер. Гьединав чи вищизе нижер ихтиярги буго, гьеб нижер ихтияр хвезабугейилан тIалаб гьабулеб буго нижеца. Гьанже бугеб нухмлъи чIалгIун буго нижеда, гьез сваказабун буго халкъ».

ГIалибегица бицухъе Россиялъул рищиязул къануналда бихьизабун буго бакIлъул нухмалъулев цIидасан рищарал депутатаз вищизе кколилан. Дагъистаналъул рищиязул къануналда гьеб рахъалъ чIванкъотIун хъвараб жо гьечIо.

Гьес абухъе республикаялъул къануналда хъван рагIула цIидасан рищарал депутатаз вищизе бегьулин бакIалъул бетIерилан. Гьез вищизе бегьулин абун гурони, вищизе кколин хъван гьечIин къануналдайиланги абун жидеего нух батун бугила Буйнакскалъул нухмалъиялъилан лъазабулеб буго гIадамаз.

«Эркенлъи» радиолъе гьеб Буйнакскалъул бетIерасул рищиязда сверун бугеб ахIвал-хIалалда тIасан баян кьечIо шагьаралъул администрациялъ. Гьединго гьеб суалалъе мухIканлъи Республикаялъул рищиязул идараялъги кьечIо.

Жидерго разигьечIолъи загьир гьабун ва Буйнакскалъул мэрасул рищиял Россиялъул къануналда рекъон цIидасан рищарал депутатаз тIоритIизе тейилан тIалаб гьабун ва гьеб ишалъе къанунияб къимат кьейилан абун хъван буго жакъа гьеб акциялъул гIахьалчагIаз республикаялъул прокуратураялдеги.

РазигьечIез бицухъе гьезул лъабго вакиласухъа гIарза босун буго прокуратураялда ва хъвай-хъвагIайги гьабун буго гьезул. Гьединго гьел церехун рехсарал ишаздаса разигьечIолъи загьир гьабулез 80 гIан гIарзаги хъван буго Республикаялъул прокурорасул цIаралда. Прокуратураялъул вакилас гьезда лъазабун буго бачIунеб итни къоялде гьезул гIарзалда рекъон хал-шал тIобитIизе бугила ва лъабго къоялда жаниб гьелъул хIасилги лъазабизе бугин гьездайилан. Прокуратураялдаса хадуб буйнакскалъулал ана МахIачхъалаялъул аслияб майданалде.

Республикаялъул рищиязул идараялъу вакилзабигун ва Дагъистаналъул тIалъиялъул вакилзабигун дандчIвазе къваригIун букIана гьезие. Полициялъул хIалтIухъабаца, къануналде данде кколареб хIалалъ жамгIияб бакIалда данделъи гьабулел ругин абун, майданалдаса нахъе инабуна халкъ. Гьезул чанго вакил виччан вуго низам цIунулез рищиязул идараялъул хIалтIухъабигун дандчIвазе.

Гьенибги буйнакскалъулазда лъазабун буго гьел бакIалъул рищиязул суал жидеца тIубаларила, гьелъул жаваб кьолила цохIо республикаялъул бетIерас ва бакIалъул депутатазул мажлисалъилан. Итни къоялъ Дагъистаналда вугев федералияв инспектор Василий Колесниковасулгун дандчIваялде ине ракIалда буго гьезда. Гьесги жидер тIалаб тIубачIони Москваялде Россиялъул рищиязул идараялъул нухмалъигун данчIвазе ине ругин жалиланги абулеб буго гьез.

XS
SM
MD
LG