МагъчIваялъе рес

Пальмиралда жеги 2 къиматаб бакI кьвагьизабун буго


Сириялда некIсиял тарихиял бакIал цIунулез абулеб буго Исламияб пачалихъалъул къеркьохъаназ жеги лъабго къиматаб бакI кьвагьизабунин Пальмира шагьаралда. Гьадин лъазабуна 4 сентябрялда Мамун Абделкеримица. Гьел рукIанин бищун берцинал сиял, нилъер эраялъул 44 соналдаса байбихьун 103 соналде щвезегIан рарал, ян абуна гьес.

XS
SM
MD
LG