МагъчIваялъе рес

Америкалъулгун Украиналъул рагъулаб яравуллъи байбихьана


Америкалъул Цолъарал Штатаз ва Украинаялъ цадахъаб рагъулабгун ралъдал яравуллъи гьебулеб буго ЧIегIераб ралъдалъ. Пентагоналъул вакилзабазул пикруялда гьеб иргадулаб, анцIила ункъабилеб яравуллъиялъ регионалияб хIинкъи гьечIолъи щулалъизабила.

Регионалда ахIвал-хIал хIалуцана Россиялъ Крымалъул аннексия гьабун хадусала ва гьениб гражданияб рагъ багъарун букIиналъ.

XS
SM
MD
LG