МагъчIваялъе рес

Пишацоясул намус басра гьабурал полициялъулал хIалтIудаса рахъана


МахIачхъалаялда, гIадамал чвердолеб бакIалда хъублъи гьабун батарав Чачан республикаялъул къуваталъул идараялъул хIалтIухъан видеокамераялде вахъарал Дагъистаналъул кIиго полициялъул хIалтIухъан хъулухъалдаса эркен гьаризе хIукму гьабуна кIиабилеб сентябралда.

Гьеб лъугьа-бахъин ккана июль моцIалъул ахиралда. МахIачхъалаялда гIадамал чвердезе унеб бакIалда хъублъи гьабулев ватун тIадккун вуго Чачаналдаса вачIун гьанив гьоболлъухъ вукIарав гьезул къуваталъул иадараялъул хIалтIухъан.

Абулеб буго гьев мехтун вукIанилан. Гьев тIадккурал Дагъистаналъул полициялъул хIалтIухъабаз гьеб чороклъи нахъе бакIаризеги тIамун видеокамераялде вахъун вуго гьев чачанав. Видеоялда гьез гьесухъа сурав босулеб къагIидаялда суалал кьолел руго щай дуца гьединаб инжитаб иш гьабураб гIемерал гIадамал хьвадулеб бакIалдаян.

Гьеб видеоролик «Ютубалде» рехун, социалиял гьиназда тIибитIизабун буго гьев кIиявго полициялъул хIалтIухъанас.

Гьеб лъугьа-бахъин ккун чанго къоялдасан Дагъистаналъул жанисел ишазул нухмалъиялъ лъазабуна гьев кIиявго низам цIунулел хIалтIухъабазда хадуб хъулухъалъулаб цIех-рех байбихьизе бугин ва хIукмуги хадуб къотIизе бугилан.

КIиабилеб сентябралда Дагъистаналъул Жанисел Ишазул пресс-хъулухъалъул нухмалъулей, Фатина ГIубайдатовалъ лъазабуна гьев кIияго полициялъул хIалтIухъан жидерго пишацоясул намус хIакъир гьабиялъе гIоло хIалтIудаса вахъизе хIукму гьабунилан.

«Эркенлъи» радиоялъе гьеб хIукмуялда тIасан жиндирго пикру загьир гьабуна Дагъистаналъул полициялъул хIалтIухъабазул махщалил цолъиялъул нухмалъулев ва жамгIияв хIаракатчи, Шамилов МухIамадица. Гьесул кутакаб ццим буго гьев кIиявго полициялъул хIалтIухъанасда. ХIалтIудаса рахъи дагьаб бугин гьезиеян рикIкIунеб буго жамгIияв хIаракатчияс.

Шамилов МухIамад: «Щив гьев пакъирав гьобол, чачанас гьабун букIун батаниги, гьесда тIад гьев кIиявго полицилъул хIалтIухъанас гьабураб жо буго зулму. Полициялъул хIалтIухъабилъун рукIине рекъечIел, квешал угърашал руго гьел. Гьеле гьединаз буго инжит гьабулеб нилъер полицияги, Дагъистаналъул халкъги.

Дун гьоболлъухъ щвана Чачаналде гьал къоязда, гьезул киназдаго лъалеб буго гьеб къабихIлъиялъул хIакъалъулъ, гьезул ццим бахъун бугеб куц гьанже бицун пайда гьечIо. Гьеб кинабго гIайиб буго Дагъистаналъул Жанисел Ишазул министерлъиялъул, гьез гьабураб хIалтIул тадбиралъул хIасил буго гьеб.

Гьанже гьел хIалтIухъаби хIалтIудаса рахъунилан щиб ккезе бугеб. Хасаб къанун буго гури полициялъул гьединаб иш ккезе биччан тарал полициялъул нухмалъуда ругел чагIи цадахъ рахъизе кколин хIалтIудасаян абураб. Гьедин гьабулеб гьечIо. Гьанже гьел кIигоял нахъе рахъунилан лъугIулеб хабариш гьеб бугеб? Рогьоги ничалдасаги жалго цIунизе гьабураб гIуж-куц гIадаб жо буго гьеб».

Шамиловасул рагIабазда рекъон Чачаназул полициялъулазулги цIакъ кутакаб ццим буго гьеб видеозапись социалиял гьиназда тIибитIизабурал Дагъистаналъул полициялъулазда.

Гьелдалъун гьеб ахIи-хIур жеги гIодоцине гьечIин, чачаназ жидерго пикру жеги загьир гьабизе бугин гьелда хурхунилан абулеб буго Шамиловас, жинда бихьанила гьезул бадиб бугеб ццим, Чачаналде гьалдаса хадуб бачIараб Дагъистаналъул полициялъул щибаб автомобильги лъалхъизабун, щивав полициялъулазул чIухь базе бугин жидецаян бицанин гьез жинда.

Нагагь Дагъистаналъул полициялъул хIалтIухъанасухъа гьединаб иш Чачаналда ккун букIарабани гьезул жаваб кинаб букIинилан дуда кколебилан гьикъидал гьадинан бицана гьес.

Шамилов МухIамад: «Нилъераз гьединаб жо Чачаналда гьабун букIарабани гьез букIине кколеб низамалда, тIамчида хъвай-хъвагIайги гьабуна къануналда рекъон хIалтIи гьабизе букIана, тIокIал гьединал ишал гьаругеян гьаздаги бичIчIизабизе букIана. Нилъер полициялъул хIалтIи Чачаназул даражаялде бахине ккани гьал дарсал росизе ине ккола гьезухъе».

Дагъистаналъул полициялъулаз Чачаназул низам цIунулесда хурхун гьабураб хIалтIи битIун гьабун бугилан рикIкIунеб буго жиндирго цIар бицине разилъичIев Дагъистаналдаса цогидав полициялъул хIалтIухъанас.

Полициялъул хIалтIухъан: «Социалиял гьиназда гьеб видеозапись тIибитIизабиялдалъун гьел кIиязго инсанасул намус хIакъир гьабун буго, гьелъул рахъкколаро дица, амма хутIарабщинаб гьез гьабураб жо буго гьез къануналда рекъон гьабураб хIалтIи.

ГIадамаз хIухьбахъулеб бакIалда чороклъи гьабурав чи ккун вуго гьез, гьеб гьезул тIадаб иш буго. Амма хъулухъалдаса гьел эркен гьариялъул дица рахъкколаро, кьварараб бадибчIвай гьабун таниги бегьилаан».

Социалиял гьиназда гьединго лъун буго цоги видео. Чачаналда цо гIолохъанчIужуялда кIалъалев ватунилан, гьенив хъулухъ гьабулев вукIана дагъистаналдаса гIолохъанчи тIадеги вуссун кьабулев вуго чанго чияс. Амма такъсирчагIазе щибниги тамихI гьабун бугилан абураб информация жеги къватIибе загьирлъичIо.

XS
SM
MD
LG