МагъчIваялъе рес

Туркиялда ккурал журналистал диваналъ хвасар гьаруна


Туркиялда хвасар гьарун руго анкьалъ цере гьенир ккурал журналистал. Шаклъи букIана террористазулгун гьезул хурхен букIиналда. Гьел ккола Vice News абулеб информалаталъул мухбирал Джейк Ханрахан, Филип Пендлбери ва МухIаммад ИсмагIил Расул. Гьадинаб хIукму гьабун буго Дьярбакыр шагьаралъул диваналъ, амма гьездаго цадахъ вукIарав ГIиракъалъул гражданинлъун кколев тилмач туснахъалда хутIулев вуго.

XS
SM
MD
LG