МагъчIваялъе рес

Европаялда - мигрантазул мисал гьечIеб карачел


Евроцолъиялъул улкабазда тIадаб бугин жидерго ватIаналдаса тIурун Европаялде чIарал гIадамазул къадаралда хурхарал квотаби цIикIкIинаризе ва Европаялда гурел – цогидал улкабазда хасал бакIал разе. Къабул гьабизе кколин нусазаргогIан чи, ян лъазабуна Еврошураялъул бетIер Дональд Тускица Брюсселалда Венгриялъул премьер-министр Виктор Орбангун тIобитIараб данделъиялда.

Жиндир иргаялда Орбаница абуна исана Европаялда бихьулеб бугин мигрантазул мисал гьечIеб карачел ва европпалъул гIадамал гьелдаса хIинкъулин.

XS
SM
MD
LG