МагъчIваялъе рес

Багъдадалда викъун вуго 18 туркав


Туркиялъул тIадтараз лъазабуна Багъдадалда рукъзал ралев 18 туркав викъун вугин. Гьадин лъазабуна 2 сентябрялда Туркиялъул премьер-министр хисулев Нуман Куртулмушица. Гьесул баяналда рекъон гьел хIалтIухъаби рикъун руго шиитаз гIумру гьабулеб Садр-сити абулеб Багъдадалъул авалалда.

ГIиракъалъул низам цIунулезул баяналда рекъон рехсарал гIадамал рикъана гьурмада маскаби хун камуфляжияб ретIел ретIарал шалали лъаларез.

Горкьисала 48 туркав викъана Исламияб пачалихъ гIуцIиялъул къеркьохъаназ. Хадуб гьел хвасар гьарун рукIана ва гъозие кинабгIаги зарал щун букIинчIо.

XS
SM
MD
LG