МагъчIваялъе рес

РакI цIорозабураб лъабго къо


11 соналъ цебе сентябралъул тIоцебесеб лъабго къоялда жаниб Шималияб Осетиялъул Бесланалда гьабуна, цо-цо экспертазул пикруялда, Россиялъул тарихалдаго бищунго кIудияб ва вахIшияблъун теракт. Гьелъул хIасилалда хвана лъабнусгоялдасаги цIикIкIун чи, гьезда гъорлъан бащалъиялдаса цIикIкIун лъимал. ТIоцебесеб кIиго къоялда жаниб къурбаназул къадар кверзул кильщаз рикIкIине бегьулеб букIун батани, лъабабилеб сентябралда танкалкалгун гранатаметал, огнеметал хIалтIизарун кIго гIанаб сагIтида жаниб гьабураб штурмалъул хIасилалда хвана нус-нус чи, аслияб къагIидаялда лъимал. Амма официалияб цIех-реххалъ кIвар кьечIого тана федералияб талъиялъул галаби, гьебго "гъоркьлъалие росарал эркен гьариялъул штабалъул" хIалтIи ва лъимал "эркен гьариялъул" хIасилал.

2004 соналъул 1 сентябрь, арбагI къо. 30 азарго гIанав чияс яшав гьабулеб Шималияб Осетиялъул Беслан шагьар. ТIоцебесеб школа. ЦIалдохъаби, гьезул улбул, гIага-божарал, гьалмагъзаби, мугIалимзаби радал хеккого данде ракIарун рукIана цIияб цIалул соналъул байрам кIодо гьабиялъул тадбиралде.

Дагьалъ кватIун кисса жал щваралали ва жал щал ругелали лъаларел рештIана школалъул минаялда цере.

Хадуб ккаралъул хIакъалъулъ доб заманалда генералияв прокурорлъун вукIарав Владимир Устиновас гьадин лъазабуна президент Владимир Путинида.

Владимир Устинов: «Гьел щвана Бесланалде. Гьел рештIана школалъул азбаралда цере. Хадуб азбаралде жаниреги рачIун, Полковникин тIокIцIар бугев чиясул буюриялда рекъон, гьез киналго цIалдохъабиги чIахIиялги сверун ккуна. Азбаралда рукIарал киналго гIадамал школалде жанире гъуна».

Чанго сагIаталъ гьениб хаос хутIулеб букIана. Школалда цере щвана гъоркьлъалие росаразул гIага-божарал. Гьебго заманалда гьенире рачIана милициялъул къуваталги. Щвана гьениве доб заманалда Шималияб Осетиялъул президент Александр Дзасоховг.

ХIалхьиялъул заман гьоркьоб къотIизабун Сочиялдаса Москваялде нахъе вуссана Россиялъул президент Владимир Путинги.

Официалиял хъулухъчагIазул лъазабиязда рекъон, гIадамал гъоркьлъалие росараз лъазабун буго, жидее бокьун бугин Шималияб

Осетиялъулги Гъалгъазул республикаялъулги президентал Александр Дзасоховгун ва Мурад Зязиковгун дандчIвазейин. Гьез гьединго тIалаб гьабун буго Москваялдаса машгьурав педиатр Леонид Рошаль Бесланалде щвезавеянги. Ахирисес гьоркьохъан хIисабалда кIудияб хIалтIи гьабун букIана 2002 соналда Москваялда Дубровкаялда гъоркьлъалие росарал хвасар гьариялъе.

Пачалихъиял хъулухъчагIаз лъазабулеб букIана, террористаз гъоркьлъалие восун вугин гIага-шагарго 200 - 300 чийин. Хадуб баянлъана хIакъикъат батIияб букIин. Спортзалалда жаниб берцинго гIодор чIезецин бакI гьечIого ккун вукIун вуго I200-ялдасаги цIикIкIун чи.

Хвасарлъаразул рагIабазда рекъон, спортзалалда кьвагьулел алатал лъолаго яргъид гIуцIаразул ун буго чанго сагIат. Доб мехалдаги лъалеб букIун гьечIо, кинаб къагIидаялда ярагъ ва кьвагьулел алатал терористазухъе щваралали. Путиниде кIалъалаго генералияв прокурор Устиновас лъазабун букIана, яргъид гIуцIараз гьеб цадахъ лъабго машинаялда бачIанин. Амма хвасарлъараз хадуб лъазабуна, гьез гьеб арсенал цебеккунго школалда бахчизабун букIун бугин.

Къаде нахъе гордохъа рехун буго Чачаналъан Россиялъул рагъул къватал нахъе рачин тIалаб хъвараб кагъат. Гьеб тIалабалъул хIакъалъулъ лъазабун букIана Россиялъул гIемерисел информалатаз, амма хадуб гьел лъазабиял цинтIаго тIагIана ва гьеб кагъат кинавгIаги официалияв хъулухъчияс кибниги рехсечIо.

Дагьалъ хадуб Бесланалъул школалде щвана Россиялъул хасал масъалаби тIуразарулел къуватазул бутIа. Гьелъ школа сверун ккуна.

КIиабилеб сентябрь, хамиз къо. ТIолабго сордоялъ яргъид гIуцIаразулгун кIалъа-басаял тIоритIулел рукIана Леонид Рошалица. Щиб гьениб бицунеб букIарабил, лъалеб гьечIо. Къалъуда Шималияб Осетиялъул президентасул пресс-секретарь Лев Дзугаевас лъазабуна, кIалъа-басаял унел ругин гъоркьлъалие росаразе дараби, квен-тIехх, лъин щвезабиялда сверунин.

Гьеб заманалдеги, талиялъул вакильзабаз абулеб букIана жидеда яргъид гIуцIаразул тIалабазул хIакъалъулъ щибниги лъаларин. Гьелго чIун рукIана школалда ккуразул 300 гIанав чи гурони гьечIин абун.

Бесланалде щвана Россиялъул жанисел ишазул министр Рашид НургIалиев ва Россиялъул Федералияб хIинкъигьечIолъиялъул хъулухъалъул бетIер Николай Патрушев. Россиялъул федералияб хIинкъигьечIолъиялъул хъулухъалъ лъазабуна, проблема къуват хIалтIизабиялъул къагIидаялда рагIалде бахъинабизе гьечIин.

Гьебго заманалде кIалъа-басаял тIоритIиялъул мурадалда школалде жаниве ана Гъалгъазул республикаялъул вукIарав президент Руслан Аушев. Дагьаб заманалдаса яргъид гIуцIараз эркен гьавуна гъоркьлъалие росаразул 26 чи.

Школалда аскIор ракIарун рукIарал бакIалъулал гIадамал, журналистал тамашилъизаруна гьениб лъабго танк бачIиналъ.

МаркIачIуда кьвагьдей ккун, лъукъун вуго цо милициялъулав. КIалъа-басаял гьоркьор къотIизарун руго.

3 сентябрь, рузман къо. Яргъид гIуцIаразулгун кIалъа-басаял халат рахъана. Къалъул мехалда Бесланалъул Культураялъул централда президент Дзасохов дандчIвана гъоркьлъалие росаразул гIага-

божаралгун. Гьес лъазабуна, ахирисел баяназда рекъон, школалда жанив вугин 500-ялдаса цIикIкун гъоркьлъалие восаравин. Гьенибго Дзаховасул вакилас лъазабуна гьединго, яргъид гIуцIарал разилъанин, байбихьудаго чIварав чанго чиясул жаназаби кьезейин. МЧСалъул машина ва хIалтIухъабазул чанго чи ана школалде жанире.

Официалияб версиялда рекъон, школалда жаниб кIиго кьвагьи ккун буго ва тероористал кьвагьдун руго хвасаргIаздеги къватIир ругездеги. Багъарана кIудияб ахIи-хIур. Гъаркьлъалие росарал лъутизе байбихьана. Россиялъул хасал хъулухъазул къуватаз байбихьана штурм.

Чанго минуталдаса баккана рагъулазул тирело. Кьвагьиялъул хIасилалда бортун буго спортзалалъул тIох ва минаялда цIа рекIана.

Лъутун унел лъималги чIахIиялги батIи-батIиял рахъаздаса речIулел гулбузул цIадухъе ккана.

Хваразул ракI сородизабулеб къадар батана - лъабнусгоялдаса цIикIкIун чи. Гьезда гъорлъан бащдалдасаги цIикIкIун кколел руго лъимал.

XS
SM
MD
LG