МагъчIваялъе рес

Тунка тунка-гIуссиялъул цойги къурбан хвана Киевалда


Киевалъул азарханаялда гIумруялдаса ватIалъана итни къоялъ ТIадегIанаб Радаялъул минаялда цебе багъарараб тунка-гIуссиялъул хIасилалда лъукъарав лъабабилев.

Гьев кколаан 1995 соналда гьавурав инсанин лъазабулеб буго «Петр Порошенкол блок» фракциялъул рахъалъан депутат Богомолец Ольгаца.

ГIаммаб къадаралда 140 чи лъукъун вуго итни къоялъ. АнцIгогIан чи жеги захIматаб хIалалда азарханаялде вегизавун вуго. Тунка-гIусси багъарана Украиналъул парламенталъ жиндирго тIоцебесеб цIалиялда президентасул къануналъул проект къабул гьабун хадусала. Гьеб къануналъ Конституциялде гъорлъе хиса-басиял журазе рес кьезехъин буго. Украиналъул президент Петр Порошенкоца лъазабуна киналго гIайибиял ратун жавабчилъиялде цIазе ругин.

XS
SM
MD
LG