МагъчIваялъе рес

ГIабдурашид СагIидов: «Дирги ГIадаллолги тIокIаб рес букIинчIо»


ГIабдурашид СагIидов ва ГIадалло Москваялда
ГIабдурашид СагIидов ва ГIадалло Москваялда

30 августалда МахIачхъалаялда гIумруялдаса ватIалъана шагIир ГIадалло ГIалиев. БитIун советияб улка гучалда бугеб ригьалда официалияб куцалда Дагъистаналъул хъвадарухъабазул гIуцIиялдаса нахъе вилълъиндал гьесда сверухъ бахъараб ахIи-хIур такрарлъана 1990 абилел соназдаги.

Федералиял аскаразда данде Чачаналда рагъулел рукIарал авлахъалъулал командиразда гъорлъ вихьизе лъугьана гьев.

Гьелдаса хадув, федералияб цIех-рехалдеги кьун, гьев рикIкIана изну гьечIого яргъид гIуцIаразул цоявлъун. Чанго соналъ Туркиялда апараглъудаги вукIун, 2003 соналда вуссана Дагъистаналде. ШартI хIисабалда туснахъалъул микьго сон къотIана Дагъистаналъул ТIадегIанаб диваналъ гьесие. Гьеб микьго сон ун хадув, цIидасан бегьуладайин жив «террористлъун вахъинеян» махсараги гьабулаан гьес.

ПалхIасил, живго ГIадалло ГIалиевас бицунаан авлахъалъул командиразул цояв, Залимхан Яндарбиевасулгун жиндир букIараб гьудуллъиялъ кканин жив Чачаналде. Литературияб институталда цадахъ цIалулел рукIун руго гьел. Амма суратазда, видеоялда гьезда цадахъ вукIун гурони, жинца чIварав чи, яги гъураб цIа гьечIилан.

Кин букIаниги, доб заманалда Дагъистаналъул школазда байбихьана тIахьаздаса ГIадаллол кучIдул рахъарал тIанчал къунцIизе. Радиоялда тIагIинабуна гьесул рагIабазда хъварал кучIдузул архив.

ГIадаллодехун цо ккураб бербалагьи букIинчIо сверухъ ругезул. Цояз кутакалда къимат гьабулаан гьесул, тIекълъиялъе гьес кьолеб битIараб къиматалъухъ. Цогидазин абуни гIайиб чIвалаан гьесда: щиб гьабунги жиндехунго кIвар буссинабизе къваригIунаанин гьесиеян.

Амма жиндехунго кIвар буссинабизе ГIадаллое кинабгIаги хIажалъи букIинчIин рикIкIунеб буго Москваялда чIарав Дагъистаналдаса тохтур ва жамгIияв хIаракатчи ГIабдурашид СагIидовас. 1970 абилел соназдаго меседил хIарпаз хъван букIанила шагIирзабазда гьоркьоб гьесул цIар.

ГIабдурашид СагIидов: «ЦIар букIинчIо ГIадаллое хIажатаб. Гьесие хIажат букIана эркенаб, берцинаб, инсанасе хIинкъи гьечIеб, аваданаб Дагъистан. Гьаб дунялалда кигIан санал раниги, унго-унгояв Дон-Кихотида гIадин, романтикасда гIадин, досда бичIчIулеб букIинчIо гьеб анищ тIубазе ккани, гIемерал санал къваригIунеллъи.

Хасго гьоркьохъел гIасрабазда хутIараб нилъер Дагъистаналъе. Гьесда бичIчIулеб букIинчIо тIолгоязда гьеб бичIчIизабизе кутакалда захIмалъулеблъи».

ГIабдурашид СагIидовас хадубги бицана Дагъистаналде тIадвуссине хIадурулеб мехалда, Туркиялда жиндирго бералда вихьанила дозул хасаб хъулухъалъул чи ГIабдурашидие хIинкъаби кьолев. МагIарул мацIалъ кIалъалев вукIун вуго гьев.

Гьав ГIабдурашидидаги РЕН-ТВялъул журналистаздаги ракьги тезабейила гьаниса, мунги цохIо гали бахъунги Туркиялдаса къватIивеги виччазе гьечIин жидеца, щайин абуни, мун Россиялде туснахъ гьавизе вачунев вугилан гьез.

Гьеб мехалда вас-васдизе лъугьун вуго ГIадалло. Цинги ГIабдурашидица, квералги эхеде рорхун, абун буго бокьараб нух тIаса бищизе ихтияр дур бугин, ГIадалло. Гьелдаса хадуб ГIадаллоца дов хасал хъулухъазул чиясда абун буго ГIабдурашидица малъараб гьабилин жинца, духъ гIенеккиларин жив.

Дагъистаналдаса ун Туркиялда вугебгIан заманаялъ, щиб хIажалъаниги, аскIов эхетулев вукIарав дов чи гьеб къоялдаса нахъе ГIадаллол беразда вихьичIин абуна ГIабдурашидица.

Гьединлъидал гьеб ишалда гьоркьоб чияр пачалихъалъул хасал хъулухъазул цо кинабали мурад букIараблъи бичIчIанин бицана ГIабдурашид СагIидовас.

ГIабдурашид СагIидов: «Щайин абуни, дозие къваригIун букIана байрахъ хIисабалда ГIадалло хIалтIизавизе Россиялда дандеги, Дагъистаналда дандеги, дуда дандеги, дида дандеги. Амма дида кIвана дозул кодоса дов вахъизе! Гьеб захIматги бихьун вачун вукIана дов рокъове».

Гьединго квалквал гьабулеб букIанила Дагъистаналъул рахъалъги. Масала, Дагъистаналъул Пачалихъияб Шураялъул бетIер МухIамадгIали МухIамадовасги республикаялъул прокурор Имам Яралиевасги.

ГIабдурашид СагIидов: «Яралиевасулгун букIараб ахирисеб данделъиялда дица гьесда абуна: «Имам, дун нужеда божуларо. МахIачхъалаялде аэропорталде щведал, нужеца дунги гьевги жанир тIамизе бегьулин. Амма дун хIинкъараб жо цойги бугин. Вай, гьав хIалихьат, ГIабдурашид, гьас гурищ дун гудракье вачарав, гьас гурищ дун ватIаналде цIарав, хадув туснахъ гьавизеян ГIадаллода ракIалде ккелилан».

РогьинегIан хъилалда тIад гIодор чIезаруна ниж МухIамадгIалицаги Яралиевасги (кьураб рагIиги кквечIого), кIкIурбузги кваналаго. Гьеб сордоялъ ракI унтана дир ГIадаллода. Радал дун МухIамадгIалигун кIалъайдал, ГIадалло вукIана дида, я гъаринила, гьагъадин кIалъазе бегьилаанищдида мун гъовгун – хъубал рагIаби абунила дуца.

Ццим бахъиналъул кутакалъ хъубаб рагIи абун борчIана дихъа – гьанир хъилалда регун ругин ниж, автоматалги росун гIадамал ритIейин ниж чIвазе! Кьураб рагIи кквезе кколин нужецаян.

Гьелде ккезаруна ниж. Дун ахиралде щвезегIанги божулев вукIинчIо лъугьа-бахъунелда. Дида кколеб букIана гьоркьове дунги рехун, ГIадалло Дагъистаналде цIазе ургъараб хIилла батизеги бегьулин гьазул гьаб. Амма дир тIокIаб рес букIинчIо. ГIадаллолги букIинчIо. ХIинкъи гьечIеб цойги нух букIарабани, дица гьесда абилаан дун гьалда щаклъун вугин, дур ракIчIараб цойги нух батани, дуего гIамал гьабейилан. Гьесиеги букIинчIо тIокIаб нух, диеги букIинчIо».

Филологиял гIелмабазул доктор, Дагъистаналъул ГIелмияб Централъул хIалтIухъан ЗулхIижат ХIажиевалъ гьадин ракIалде щвезавулев вуго ГIадалло ГIалиев.

ЗулхIижат ХIажиева: «ГIадаллоца дида гьарана рагIи-рагIи ккун гIурус мацIалдеги руссинарун, жиндир кучIдузул тIехь бахъизе кумек гьабеян. Гьединаб тIехь ЧIанкIалги бахъана нижер институталъ. Дица докторлъиялъе гIелмияб хIалтIи хъвалеб мехалда гъоб гьоркьоб букIана ГIадаллол асаразул кIудияб бутIа. Элегиял рукIана гьел.

ЦIакъ лъикIал элегиял руго гьел, кучIдулги руго. ГIадалло гIемер кIалъалаан, вачIунаан дихъе. Щибха гьабилеб, гьанже хутIана дун кIалъазе чиги гьечIого … ».

ШагIир хванин рагIидал, ЗулхIижат ХIажиевалъ гьарурал мухъал руго гьал.

ЗулхIижат ХIажиева:

«Вай, ГIадалло, ГIадалло, вай, дир гIадалав шагIир.

Дур гIадаллъиялда гъорлъ бугебщинаб цIодорлъи.

АхIмакълъиялда жаниб бугебщинаб гъварилъи.

Аллагь дуда гурхIаги, гIажаибав мугIрул рухI,

ШапагIат нижей щваги къадру цIикIкIарав инсан».

ГIадалло ГIалиев вукъана МахIачхъалаялда аскIоб бугеб ЦIияб ГIурада росулъ.

XS
SM
MD
LG