МагъчIваялъе рес

Киевалда тунка-гIуссиял


Киевалда ТIадегIанаб радаялъул минаялда цебе багъарараб тунка-гIуссиялъул хIасилалда гIага-шагарго нусго низам цIунулев лъукъун вуго, ян лъазабуна Украиналъул жанисел ишазул министерлъиялъ.

Гьездаса анцIгояв захIматаб ахIвал-хIалалда азарханаялде щвезавун вуго. Киевалъул мэр Виталий Кличкоца лъазабуна, цояв гIумруялдаса ватIалъанин.

Украиналъул жанисел ишазул министр Арсен Аваковас Фейсбукалда лъазабуна, кьвагьулел алатал реханин тIад «Эркенлъи» абулеб рагIи хъван бугел футболкаби ретIараз. Тунка-гIусси багъарана Украиналъул парламенталъ жиндирго тIоцебесеб цIалиялда президентасул къануналъул проект къабул гьабун хадусала. Гьеб къануналъ Конституциялде гъорлъе хиса-басиял журазе рес кьезехъин буго.

XS
SM
MD
LG