МагъчIваялъе рес

Х.Исмаиловалъе гьабулеб диван халат бахъунеб буго


БакIал такъсиразул цIех-рех гьабулеб Бакуялъул диваналъул диванчIужу Рамелла Аллагьвердиевалъ Азербайжаналъул журналист ИсмагIилова Хадижатил ахирисеб калам гьоркьоса къотIизабун, абуна гьелъ магIна гьечIеб хабар бицунеб бугин.

Диваналъул данделъи халат бахъине буго 1 сентябралда. ИсмагIилова Хадижат гIайибияйлъун рикIкIуней йиго магъало кьунгутIиялда, гIарац бикъиялда ва жиндирго хIалтIул ихтиярал гьорхъолъа борчIараб къагIидаялъ хIалтIизариялда бан.

Диваналъул минаялде риччачIо къватIисел улкабазул журналистал. Амма Германиялъул Цолъарал Штатазул ва Норвегиялъул вакилазе рес щвана гьениб гIахьаллъизе.

Хадижатица жинде гIунтIизарулел гIайибал нахъ чIвалел руго. Азербайжаналъул президент ИльхIам ГIалиевасул хъизам-кулпаталъул данде кколарел ишал какулей гьелъ абулеб буго, жиндие гьабулеб диван – гьеб къисас бугин. ИсмагIилова Хадижат мустахIикълъана гIемерал халкъаздагьоркьосел премиязе.

XS
SM
MD
LG