МагъчIваялъе рес

Санкт-Петербургалда тIобитIана лъазабун букIинчIеб митинг


Санкт-Петербургалда 500 гIанав чи гIахьаллъараб митингалъ тIалъиялдаса тIалаб гьабун буго Лахтинская къватIалда бугеб минаялда Мефистофелил барельеф цIидаса гьаби ва гьеб биххизабурал вандалазе хъачIаб тамихI гьаби.

Митинг талъиялъулгун дандбараб букIун гьечIониги, гьелъул гIахьалчагIазул цогIаги чи ккун гьечIо.

Мефистофелил барельф биххизабуна 26 августалда. Гьеб галиялъул жавабчилъи жидедего тIаде босана «Казаки Петербурга» абураб гIуцIиялъул гIахьалчагIаз. «Фонтанка.ру» абураб интернет-сурсаталъе комментариял гьарулаго, гьез лъазабун буго, гьединаб барельеф гьатIаналда аскIоб букIине бегьуларин.

XS
SM
MD
LG