МагъчIваялъе рес

Минскалъул къотIи-къаял цIидаса ракIалде щвезаруна улкабазул лидераз


Телефоналдасахун гьабураб гара-чIвариялда Россиялъул, Франциялъул президентал Владимир Путиницаги, Франсуа Олландицаги ва Германиялъул канцлер Ангела Меркелицаги рахъ ккун буго Донбассалда хурхараб Украиналъул кризис рагIалде бахъинабиялъе бугеб рес гIицIго Минскалъул къотI-къаял тIуразари кколин абураб пикруялъул. Улкабазул лидераз тасдикъ гьабуна жал гьел къотIи-къаял тIуразаризе хIадурал рукIин.

Гьезул рагIабазда, гьеб хIукму тIубазаби ккола 100 миллиметралдаса цIикIкIун калибралъул ярагъ бихьизабураб мухъалдаса нахъе бачун ва кьвагьдей чIезабун.

Лидераз хIукму гьабун буго гьеб суал гьоркьоб лъолеб «Нормандиялъул ункъилабалъул» данделъи гIагарисеб заманалда тIобитIизе.

XS
SM
MD
LG