МагъчIваялъе рес

«Аль-Джазираялъул» журналистас хитIаб гьабуна Мисралъул президентасде


Катаралъул «Аль-Джазира» абураб телеканалалъул журналист, Австралиялъул гражданав Питер Грестица Мисралъул президент Абдул-ФаттахI Ас-Сиси ахIана гьесдасаги, телеканалалъул цоги кIиго чиясдаса тIаса лъугьун, гьел эркен гьариялде.

Шамат къоялда улкаялъул диваналъ гьукъараб «Бусурбаби-вацал» абураб гIуцIиялъулгун хурхен букIиналъул гIайиб гIунтIизабун лъабасего бихьизабун букIана туснахъалъул лъабго сон.

Грестица абуна Мисралъул диваналъул хIукмуялда гъоркь бугин политикияб кьучIин.

XS
SM
MD
LG