МагъчIваялъе рес

Европаялъул министраз мигрантазда хурхараб лъазаби гьабуна


Берлиналъ, Парижалъ ва Лондоналъ Евроцолъи ахIана миграциялъулаб кризисалъул эскалация биччангутIиялъул мурадалда мухIканал эффективиял галаби гьариялде.

Германиялъулги, Франциялъулги, Британиялъулги жанисел ишазул министрал Томас де Мезьерицаги, Бернар Казенюцаги Тереза Мэйицаги 30 августалда гьабуна цадахъаб лъазаби, Жанубияб Европаялде рачIарал мигрантазда хурхун цIодорал къагIидаби хIалтIизариялде ахIулеб.

Лъазабиялда кIвар буссинабулеб буго Грециялдаги Италиялдаги рачIунел мигрантазул хасаб регистрация ва дактилоскопия гьабиялъул хасал пунктал рагьиялъул къваргIел букIиналде.

XS
SM
MD
LG