МагъчIваялъе рес

ООНалъ Европа ахIулеб буго мигрантазда хурхун цIодораб политика билъанхъизабиялде


Цолъарал милатазул гIуцIиялъул генералияв секретарь Пан Ги Муница халкъаздагьоркьосеб жамгIият ахIулеб буго Шималияб Африкаялдасаги ГIагараб Машрикъалдасаги лъутизе ккаразда хурхараб ахIвал-хIалалда хурхараб «коллективияб политикияб хIукму гьабиялде».

Генералияв секретарасул рагIабазда, проблема рагIалде бахъинабизе ккани, къваригIуна гьанже гьарулездасаги, гIуралъ жигарал ва къуватал тадбирал ва галаби.

Мигрантазда хурхун Европаялда загьирлъулеб хIакъикъат кколин «рахъ кквеялъул кризисин» лъазабуна Пан Ги Муница ва Европаялъул улкаби ахIана легалиял ва хIинкъи гьечIел миграциялъул каналал рагьиялде.

Рузман къоялда Австриялда Венаялде унеб нухда полициялъулазе рехун тараб рефрижераторалда жаниб батун 7I чиясул жаназа, гьездаго гъорлъ, 4 лъимералъулги 8 чIужугIаданалъулги. Цебеккунисеб хIисабалда, гьел хун ратизе бегьула гьава гьечIолъиялъ. Австриялъул полициялъул версиязул цоялда рекъон, хварал рукIине бегьула Сириялдаса мигрантал.

XS
SM
MD
LG