МагъчIваялъе рес

Россиялъулазе ракIалъе гIун гьечIо Евгения Васильева эркен гьайи


Россиялъулазул 70-гIанаб процент данде буго заман щвелелдего шартIияб къагIидаялда Улка цIуниялъул министерлъиялъул хъулухъчIужулъун йикIарай Евгения Васильева туснахъалдаса эркен гьайиялде.

Гьеб бихьизабулеб буго Левада-централъ тIобитIараб цIех-реххалъ. Респондентазул микьго проценталъ гурони рахъ кколеб гьечIо Москваялъул диваналъул хIукмуялъул.

КIудияб гIарцил къадаралда хурхараб макру-хIилла гьабиялъул ва жиндирго хъулухъалъул гIорхъабаздаса рорчIарал ишал гьариялъул гIайибал гIунтIизарун 8 маялда Васильевалъе Москваялъул Пресняялъул диваналъ бихьизабун букIана колониялъул шуго сон.

Гьединаб тамихIцин тамахаб бугин рикIкIун букIана россиялъулазул лъабго бутIаялдаса кIигоялъ доб мехалда, гьебго Левада-централъул цIех-рехалда рекъон.

XS
SM
MD
LG