МагъчIваялъе рес

​ Чан тIубан бугеб сагIат?


Рокъоб къеда сагIат – саназул кассир… (Р.ХIамзатов)

ХIисаб гьабураб мехалда, бищунго инсанасе рахIат хвезабулеб гIадаб жо буго сагIат. Заманалъул роцен «сагIат» гуребха, жибго заман босулеб алат хIисабалда сагIат. Кидаго гьелъухъ ралагьун рукIунелъул гIадамал. Цояв как щун бугищали валагьула гьелъухъ, цогидав пуланаб бакI кьвагьизе бомба лъезе заман щун бугищали. Кинабго квешлъиги лъикIлъи ракьалда гьабулаго къулун ратула сагIтазде.

Дида ракIалда буго гьитIинаб мехалда росулъ кIудияв инсул къеда бан букIана сагIат, кIиго кIудияб сагIтил хъаравулги бугеб. Гьезда букIинчIо секундалъул хъаравул, чIахIиял стрелкаби рагъарулелго гьечIин кколаан тIаде балагьун, чIун хутIун ругин.

Гьелдаса нахъе кIикъоялда хадуб соналъ чан батIиял гьел сагIтал рихьарал. Къеда ралел, кисинир раччулел, гъажалда ралел, вокзалазда, автостанциязда, чIухIарал кабинетахъ, чIахIиял гьундухъ,батIи батIиял бакIазда рукIана сагIтал. Цоял - хIинцал, цогидал – гIедегIарал. Цо букIуна секундалъул хъаравул кIанцIулел, рукIуна тарихал хисулел, амма дун бищунго хIинкъана цо сагIтидаса, гьениб секундалъул хъаравул лъалхъичIого бекерулеб бугоан. Заман гьебго къагIидаялъ борцаниги гьеб сагIат дагьаб рокьукъаб бугоан.

Гьел сагIтазда хурхун цойги ракIалдещвеялъул бицине. Ниж гьитIинаб мехалъ эбел унаан щибаб моцIалъ ЛъаратIа райцентралде, жиндирго хIалтIул отчет кьезе. Гьей хIалтIулаан росулъ фельдшерский пункталъул заведующаялъун. Щибаб нухалда ЛъаратIе уней эбелалъ цо щиб бугониги сайигъат-салам босулаан гъова вугев жиндир гьобол, цо херав чиясе. Гьев гьавураб мехалдаса нахъе канлъи бихьуларев беццав чи вукIана. Гьесие сайигъат ани кири щолин, гьев гIадамаздаса хасав, Аллагьасде гIагарав чилъун рикIкIунаан. Дидаго жеги вихьичIониги батIи – батIияв цеве тIамулаан гьев херав дида.

Цо нухалъ эбелгун ЛъаратIа райцентралде арав кIудияв вац вачIана цо тамашаяб жоги бицун. Гьадав нилъер гьобол беццасдайила квераз квашун лъалеб бугила сагIат чан тIубан бугебали. ЦIакъ тамашалъи гьабуна дица гьеб «караматлъиялда» ва хиял лъуна кIванагIан хехго гьев чи вихьизе.

Щвана иргадулаб нухалда эбелгун гьесухъе. Гьесул букIун буго тIад цIерги гьечIеб, жалго тарихал квашун кквезе щолеб сагIат, гьедин бицун букIинчIелъул вацас дида. БичIчIана кинабгIаги хIикмат гьениб гьечIолъи. Амма тамашалъи гьабуна, киндай беццасда квашун батараб тарихалдалъун къоги, бакъги, цIадги, тIабигIаталъул кьералги, масала нур абураб жо бичIчIулеб абун. Гьесие бокьуладай дие гIадин гьеб сагIтил хъаравул хехго ине, таманал хIисабал рукIана гьесухъ балагьун.

Лъалеб жо буго лъималазе хехго заман ине бокьиги, кIудиял гIезе, гIадамазулъе рахине хиял лъейги. Гьединлъидал гIолев вугев васасулги, гIумруялъул ригь арав херав чиясулги батIи-батIияб букIуна заманаялъул роцен. Кин доб абун букIараб поэтас?

«ГIолилал роххула их щолеб бугин,

Херал пашманлъула ригь унеб бугин» - ин.

Заманалъул роцен гьеб тарихаз цохIого къагIидаялъ бихьизабуниги инсанасе батIи-батIияб букIуна. Туснахъалъув вугев чиясеги, кеп – ихтилаталда, эркенлъуда вугев чиясеги къо, моцI, лъагIел абураб болжал цохIого букIинищха? Кин доб Жванецкиясул букIараб : «ЦохIо минуталъул халалъи бараб букIуна чиясе хIажатханаялъул нуцIил кинаб рахъалда вуголъиялда» - ян гурищ?

ХIисаб гьабураб мехалда нилъер гIумруялъулъ бищунго кIвар бугеб жо буго замана ва гьеб битIун хвезаби. Разе кколел каказе, кьезе кколел хIакъазе ва налъабазе, гьаризе кколел лъикIал ишазе, чIезе кколеб гъветIалъе, бекьизе кколеб хуралъе, инсанасул адаб гьабизе, умумузул занахъе щвезе, эбел-эмен рази гьаризе, лъималазе тарбия кьезе.

Инсанасда цере ругелщинал масъалабазул хIисаб гьабурабго гIасруги - лахIзат, лахIзатги - гIасру лъугьунеб буго. Нилъеца кинабго гIумру борцунеб буго къоло ункъго сагIат (сутка) бихьизабулеб роценалда. Кидаго цоцае кьолеб суал буго «сагIат чамилъе щвараб?» абун. Цо-цо мехалда ракI гъанцIизабула гьеб суалалъ. Черхалда гъар-гъар базабула. ХIисаб гьабулеб гьечIо тараб нухалъул, рарал соназул, щвараб бакIалъул. Гьеб сагIтилги, заманаялъулги, гIумругун хвелалъулги хиялазде вачана тохлъукьего цебе батараб жаниб салиги тIамун щуго минут борцине гьабураб цIорол сагIтица. Сверун лъурабго гьениса щущалел салул гIисинал чIинхал гIодоре гъенолел нилъер къоялин ккола. Къелъ речIчIун рекилаан киналго бакъуда рекъон сверулел жал рукIинчIелани. СагIат чан тIубан бугеб?

XS
SM
MD
LG