МагъчIваялъе рес

Роскомнадзоралъ гьукъарал сайтазул сияхIалдаса нахъе бахъун буго «Википедиялъул" макъала


Роскомнадзоралъ гьукъарал сайтазул сияхIалдаса нахъе бахъун буго «Википедиялда» лъураб наркотизда хурхараб макъала.

Лъазабулеб буго, диваналъ гьукъараблъун рикIкIараб информациялда хиса-басиял гьарунин.

20 августалда Роскомнадзоралъ «Википедиялдаса» тIалаб гьабуна «чарас» абураб наркотикалъул бицунеб макъала нахъе бахъи. Гьединаб гьаргун гьеб гIуцIиялде хитIаб гьабун буго Астраханалъул областалъул диваналъ. Энциклопедиялъул нухмалъиялъ инкар гьабуна гьеб информация нахъе бахъизе, гьеб академикиял сурсатаздаса босараб бугинги абун.

XS
SM
MD
LG