МагъчIваялъе рес

Олег Сенцовасул адвокатазда ракIалда буго Европаялъул диваналде хитIаб гьабизе


Украиналъул режиссер Олег Сенцовасе Ростовалъул диваналъ терррористияб гIуцIи гьабиялъул ва Крымалда терактал гьариялъул ва гьел хIадуриялъул гIайибалги гIунтIизарун туснахъалъул 20 сон бихьизабулеб хIукму къотIиялда бан, гьесул адвокатазда ракIалда буго гьелде данде гIарза хъвазе.

Гьеб ишалъул кIиабилев фигурант Александр Кольченкое диваналъ бихьизабуна туснахъалъул 10 сон. Эркенлъи радиоялъе комментариял гьарулаго адвокат Дмитрий Динзеца лъазабуна, гьеб ищалда гъоркь политикияб кьучI бугин, жидер гIарза нахъ чIвани, жедеца хитIаб гьабизе бугин Европаялъул инсанасул ихтиярал цIунулеб диваналдейин.

XS
SM
MD
LG