МагъчIваялъе рес

Украиналда кIодо гьабуна лъиданиги бачIоголъиялъул къо


Украиналъул лъиданиги бачIоголъиялъул къоялда хурхун Киевалда тIобитIана рагъулазул парад. Байрамалда цеве вахъунаго, Украиналъул президент Петр Порошенкоца лъазабуна, сепаратистаз рахъ кколеб Россиялъул гьужумал нахъе чIваялъул мурадалда рагъулазул къадар цIикIкIинабиялъул хIалтIи халат бахъинабизе букIиналъул хIакъалъулъ.

2014 соналъул апрелалдаса, ай, улкаялъул машрикъалъул рахъалда конфликт багъараралдаса нахъе, гьенив хун вуго 6800 чи. Гьебго соналъул февралалда къабул гьарурал Минскалъул къотIи-къаял щибаб къойилго гIадин хвезарулел ругин Россиялъ рахъ кколел сепаратистазин, гIарз гьабуна Украиналъул президентас.

Гьесулго рагIабазда, Россиялъ Украиналъул гIорхъабазда асIкор чIезарун руго 50 азарго гIанав рагъуласдаса контингент. Гьеб рикIкIинчIого, сепаратистаз ккурал территориязда гьезие кумек гьабулеб рагIула ичIазаргогIанав чияс.

XS
SM
MD
LG