МагъчIваялъе рес

Путиница кьовид гьарурал


Украина. Симферополь. Къадада сепаратистаз бахъараб Путинил сурат.
Украина. Симферополь. Къадада сепаратистаз бахъараб Путинил сурат.

Жидерго ватIаналдаса рикъарал ва къануналде данде кколареб къагIидаялъ Россиялда жанире тIамурал гIадамазул гIумру гьениб кIалъа-гъоркье буссанин. Щалъха гьел кколел? КIиго бихьинавги цо-чIужу-гIаданги ккана Кремлалъул цевехъанас халкъаздагьоркьосел нормабазде ва къануназде лъазабураб жигьадалъул къурбаналлъун.

Ахирисеб кIиго соналда жаниб Путиница гIемерал данде кколарел ишал гьарунин. Масала чияр улкаялъул территориялъул аннексия гьабунин. Гьеб бугин дунялалъул кIиабилеб рагъдаса нахъе тIоцебесеб нухалъ Европаялда гьабураб гьадинаб иш, ян абулеб буго нижер мухбирас Адольф Гитлерил ишал ракIалде щвезарулаго.

Гьеб гуребги, Владимир Путиница Россиялда ксенофобия бижизабунин, цIидахъан репрессиял байбихьанин. Владимир Путиница Европаялде унго-унгояб рагъ лъазабунин.

Эстон Кохвер
Эстон Кохвер

Кьовид гьаруразда гъорлъ вуго Эстониялъул гражданин Эстон Кохвер. Гьесда чIвараб гIайиб – жасуслъи. Аммаила, гьев жасус гурин, гьев вугин жиндирго хIалтIи паракъатго ва берцинго гьабурав чи. Гьев ккола Эстониялъул жанисеб хIинкъи гьечIолъи цIунулеб хъулухъалъул офицерлъун.

Кохверица контрабандаялъул цIех-рех гьабулаан. 2014 соналъул 5 сентябралъул радал гьев ккун вукIана Россиялъулгун Эстониялъул гIурхъида аскIоб бугеб Мииксе абулеб Эстониялъул росдал сверухълъиялда.

Гьесул хиял букIана жиндирго информаторгун данделъизе. Амма доб букIана Россиялъул хасал хъулухъчагIазул сихIираб план. Гьез Кохвер викъун, Россиялде щвезавуна. Россиялъул ва Эстониялъул гIурхъаби цIунулез хIужа ккараб бакIалда мухIканаб цIех-рех гьабуна.

Гъозул протоколалда хъван буго – лъалкъазде ралагьун, абизе бегьула хIакъикъаталдаги Эстониялде Россиялдаса гIадамал рачIанин хадур тIад руссанин. Псковск икълималъул диваналъ дагьалъ цебе хIукму гьабуна Кохвер 15 соналъ жаниве тIамизе.

Ккурав кIиабилев чи - режиссер Олег Сенцов. Гьесде гIунтIизабулуб гI айиб – терроризм. Щибх гьес гьабураб? Сенцов кьварараб къагIидаялъ данде чIун вукIана Москваялъ гьабураб аннексиялде. Гьес лъазабуна, жив хIадурав вугин жиндирго ватIан цIунизе ва гьеб лъазаби Москваялъ рикIкIана терроризмалде бараб ахIилъун.

Олег Сенцов
Олег Сенцов

Сенцов ккола цIар арав режиссер. Гьесул тIоцебесеб фильм бихьизабун букIана Роттердамалда 2012 соналда букIараб кинофестивалалда. Крымалда гьавурав ва гIурав Олег Сенцов ккола кIиго лимералъул эменлъун.

Украиналъухъа Россиялъ Крым бахъараб мехалда Сенцовас Украиналъул рагъулал хъулухъчагIазе кумек гьабулаан, гъозие кванил сурсатал щвезарулаго. 2014 соналъул 11 маялда Россиялъул хIинкъи гьечIолъи цIунулел агентаз гьев ккуна Симферопалалда ва щвезавуна Москваялде.

Гьесде гьединго гIунтI изабун букIана Крымалда ругел Единая Россия партиялъулги ГIурусазул жамгIияталъулги оффисазде гьужумал гьариялъул гIайиб. Гьеб гуребги, Россиялъул низам цIунулез абулеб буго Сенцовасул хиял букIанин Симферопалалда бугеб Ленинил статуя кьвагьизабизе.

Амма прокуроразда кIвечIо чIван къотIарал далилал ратизе. Диваналда аслияв нугIлъун вукIарав Геннадий Афанасьевас цере кьурал жиндирго рихьизариялдаса хадуб инкар гьабуна. Гьес абуна, жинде низам цIунулез тIадецуй гьабунин. Амма гьелда балагьичIого Ростов-Доналъул диваналда прокурораз тIалаб гьабуна Сенцов 23 соналъ жаниве тIамизе. Доб данделъиялда Сенцовас абуна, щивасда лъалин кинаб бугеб оккупантазул диваналъул ритIухълъи. Жинца нужер рахIму-цIобалде хьул лъолеб гьечI ин ва гьеб гьарулебги гьечI ин, абуна Сенцовас.

Россиялъ гкьовид гьаюрай лъабабилейлъун ккола пилот Надежда Савченко. Москваялъ абулеб буго гьей чIвадарухъан йигин. Савченко ккола Украиналъул рагъулай йоржарухъан. Сепаратистаз гьей ккун йикIана гъоркьисала июнь моцIалда Луганск икълималъул Металлист абулеб росдал сверухълъиялда гьелъ Украиналъул аскариял хвасарарулеб мехалда.

Надежда Савченко
Надежда Савченко

19 июнялда сепаратистаз суравалъул видео-хъвайхъвагIай загьирабуна. Цо чанго анкь ун хадуб баянлъана Савченко Россиялда йикI ин. Гьелде гIунтIизабун буго Россиялъул кIиго журналист чIваялъул гI айиб. Рес буго гьей 25 соналъ жание тIамизе.

Кохверги, Сенцовги, Савченкоги гьаруна ва гIуна Совет Союзалда. Жидер улкаби лъидаго рачIел ва эркенал пачалихъаллъун ккун хадусала гьел гIадамал ватIаналъе хъулухъ гьабулеб букIана. Владимир Путинил хIисабалда Совет Союз биххи балагь букIанин. Гьединлъидал рехсарал гIадамал жидерго ватIаназе хъулухъ гьаби – такъсирлъун рикIкIунеб буго Россиялъул президентас.

XS
SM
MD
LG