МагъчIваялъе рес

Италиялъул ралъдахъабаз хвасар гьавун вуго 3000 жидер улкабаздаса лъутарав


Ливиялъул ралъдал рагIаллъиялда Италиялъул ралъдахъабаз хвасар гьавун вуго 3000 жидер улкабаздаса лъутарав чи. 22 понцIезабураб расаялда тIад рекIун Европаялъул ралъдал рагIаллъабазде унел рукIун руго гьел.

Цо исана соналда жаниб гьединазул ралъдалъ гъанкъун вуго 2300 чи.

Жеги лъалеб гьечIо шамат къоялда хвасар гьарурал гьел гIадамазда щиб гьабизе бугебали. Гьебго шамат къоялда Македоялъ улкаялде виччан вуго Сириялдаса 1500 лъутарав. Гьелда цебе лъабго сордо-къо бан букIана гьез къватIиб киналгIаги шартIал гьечIеб бакIалда балеб цIадакь.

Цо июль моцIалда Грециялде вачIун вуго Европаялъул улкабазде ворчIизе бокьарав 50 азарго лъутарав. Аслияб куцалда гьел руго Сириялдаса, ГIиракъалдаса ва Афгъанисталдаса гIадамал.

XS
SM
MD
LG