Ираналда хIалтIизе жубан буго Британиялъул вакиллъи.
Гьеб рагьиялъул тадбиралда гIахьаллъизе Тегераналде щун вукIана Британиялъул къватIисел ишазул министр Филип Гьаммонд. Вакиллъиялда тIад жиндир улкаялъул байрахъги борхун гьес абуна гьеб рагьи бугин кIиябго улкаялъул гьоркьорлъаби лъикIлъизариялде рачине ругеб кIвар кIудияб ишин.
Гьаммондица гьединго абуна Лондонги Тегеранги хIадурал рукIине кколин экстремизм, регионалда парахалъи чIезаби ва «Исламияб пачалихъ» абулеб террористияб гIуцIиялдаса бугеб хIинкъиялъе дандечIей гьаби гIадинал суалазда сверун дискуссияздейин. Гьаммон кколев вуго 2003 соналдаса нахъе Ираналде щварав Британиялъул тIоцевесев къватIисел ишазул министр.
Ираналда Британиялъул вакиллъи къан букIана 2011 соналда Ираналде данде санкциял гьарураб Магърибалда разилъи гьечIолъи загьиргьабизейин абун радикалиял гIолилаз гьелде тIадекIанцIи гьабун хадуб.