МагъчIваялъе рес

Киев: Россиялъ нижергун гъорхъода чIезавун вуго 50 азарго аскарияв


Украиналъулгун гъорхъода аскIоб Россиялъ чIезавун вуго 50 азарго аскарияв. Гьедин лъазабуна талат къоялда Украиналъул Генштабалъул вакил Владислав Селезневас. Гьесул рагIабазда рекъон, гьедин «Россиялъ хIаракат бахъулеб буго Киевалъе тIадецуй гьабизе».

Украиналъул машрикъалъул рахъалда ахIвал-хIал лъалаго хIалуцана 17 августалъул сардилъ. Сепаратистаз Донецк икълималъул Сартана росулъе кьвагьидал хун вуго лъабго чи. Гьедин лъазабулеб буго Украиналъул рагъулаз.

Украиналъул рахъалъ рикIкIунеб буго сепаратистаз рагъулал ишал ургъунго цIилъизарулел ругин «Минскалъул къотIиял» хвезаризейин. Гьедин абуна талат къоялда Донбассалда рагъулаб операциялъул штабалъул вакил Анатолий Стельмахица. Гьесго абухъе, сепаратистазе бокьун буго Киевалъ жидее кIудияб дандечIей гьабизе ва гьелдаса хадуб Россиялдаса «кумек гьаризе».

Киевалъул баяназда рекъон, 17 августалда сепаратистаз кьвагьи чIезабиялъул низам хвезабун буго 86 нухалда. Сепаратистаз Киевалда гьабулеб буго кьвагьи чIезабиялъул низам хвезабиялъул гIайиб.

XS
SM
MD
LG