МагъчIваялъе рес

Ираналъул генерал Москваялде вачIинчIин лъазабуна дипломатас


Ираналъул генерал Къасим Сулаймани Цолъарал Миллатазул ГIуцIиялъул гьукъиялда балагьичIого Москваялде вачIанин абураб Вашингтоналъул лъазаби Россиялъул къватIисел ишазул министр хисулев Сергей Рябковас нахъ чIвана. «Дихъ гьадинаб информация гьечIо», - ян абуна гьес. Сулаймани ккола Исламияб инкъилабалъул хъаравуллъи абулеб Ираналъул хасаб хъулухъалъул бутIрузул цояв.

XS
SM
MD
LG