МагъчIваялъе рес

Андрей Виноградовасде гIайиб гIунтIизабун буго


Чанго вахIшияб такъсиргьабиялда щаклъи букIун, хасал идарабаз ккурав, Гъизляр мухъалъул бетIер Андрей Виноградовасде гIайиб гIунтIизабун буго,7 августалда, Россиялъул цIех-рехалъул комитеталъ. Гьединал баянал кьолел руго «Коммерсант» газеталъ.

Гьезул баяналда рекъон Виноградовасде гьес террористазе гIарац кьолеб букIиналъул, экстремизмалде данде къеркьолеб центаралъул бетIерхисулев ва Гъизляралъул мэрхисулев чIвазе къасд гьабиялъул гIайиб гIунтIизабулеб буго.

Гьелго такъсирал гьариялда щаклъи бугел Дагъистанаалъул пенсиязул фондалъул нухмалъулев Сайгид МуртазгIалиевги, Гъизляр мухъалъул депутатазул мажлисалъул депутат ГIумар Асадулаевги къватIисел улкабазда рахчун ругин лъазабулеб буго хасал идарабаз.

29 июлалда Россиялъул цIех-рехалъул комитеталъ лъазабун букIана гьеб ишалда хурхун гьев кIиявго халкъазда гьоркьосеб цIех-рехалде лъазаризе ругилан, амма гьеб хIукму жеги тIубазабун гьечIо.

ЦIех-рехчагIазул баяналда рекъон 2009 соналъул сентябралда, Гъизляр мухъалъул бетIерлъун вугев мехалдаго, Сайгид МуртазгIалиевас 2 миллионгун 700 азарго гъурущ кьун буго экстремистазулгун хурхен бугев Рабаданилан абулев чиясухъе.

Гьес гьеб гIарац Гъизляралъул изну гьечIого яргъидгIуцIаразул къокъаялъул бетIер ГIабдула СагIадулаевасухъе кьезе кколеб букIун буго. ГIемер мех иналде гьев СагIадулаев чIван вуго хасаб операциялда, гьеб мехалда экстремистазе кьезе бугеб гIарац жиндирго божарал чагIи Виноградовасда ва Асадулаевасда тIад къан буго МуртазгIалиевас. Гьединго 2010 соналда экстремистазулгун хурхен бугев Юсуп ХIасановгун букIараб дандчIваялда МуртазгIалиевас лъазабун буго жиндие экстремистазе 100 азарго доллар кьезе бокьун бугин.

Хаду-хадубги гIарац кьелин жиндица, Гъизляралъул мэхисулев Василий Наумочкинги, эктремизмалде данде къеркьолеб центарлъул бетIерхисулев Шевкет Куджаевги, гьез чIванийилан. Гьел кIиязго МуртазгIалиевасде данде чIей гьабулеб букIун буго.

МуртазгIалиевасул гьеб амру тIубазе разилъи кьун буго доб заманалда Гъизляралъул эксремистазул къокъаялъул бетIерлъун вукIарав Пахрудин ХIажиевас. Гьесухъе 3 млн. гъурущ босун ун рукIун руго Виноградов ва Асадулаев. Гьелдаса хадуб чанго къоялдасан чIван вуго Шевкет Куджаев ва Наумочкин чIвазе хIалги бихьун буго.

Виноградовасул адвокат ГIазиз Къурбановас лъазабулеб буго гьесде гIунтIизарулел гIайибазул цонигиялъе гьев мукIурлъичIилан. Виноградовас сурав босулеб мехалда лъазабунила кинила жиндица террористазе квербакъи гьабулев, жив гьезде данде рагъбалев чи вугев мехалда. Шевкет Куджаев ва Василий Наумочкин чIвазеги жиндир цониги гIилла букIинчIила. Кинила Куджаев жиндица чIвалев Сайгид МуртазгIалиевасул фондалъ гурищила гьесиеги гьесда цадахъ хIалтIулезеги терроризмгун къеркьезе гIарац биччалеб букIарабилан лъазабун буго Гъизляр мухъалъул бетIер Андрей Виноградовас.

Ахирал къоязда интернеталда цIакъ гIемер видеоял раккун руго Сайгид МуртазгIалиевасул рахъккун кIалъалел спортсменазул. ЦохIо Дагъистаналъулги Россиялъуги речIчIухъаби гурониги гьесие хIалае рахъунел руго Казахстаналъул, Белоруссиялъул, Польшаялъул спортсменалги.

Гьезги цойги чангго анцI-анцI аразго чиясги тIалаб гьабулеб буго Сайгид МуртазгIалиевасда сверун гьабулеб хасаб идарабазул хIалтIи лъугIизе тейилан. Гьединал тIалабал загьир гьарун ва МуртазгIалиевасулгун Виноградовасул иш жидерго бербалагьиялде гъоркье босейилан кагътал ритIун рукIана гьезул рахъ кколез Россиялъул нухмалъиялъухъе.

Сайгид МуртазгIалиевасул рахIму-цIобалъул фондалъул нухмалъулев АхIмадпаша ГIамирилаевас «Эркенлъи» радиоялъе бицана улкаялъул нухмалъиялъ жидер гьел кагътазе жаваб бачIанилан.

АхIмадпаша ГIамирилаев: «Россиялъул президентасул администрациялдасан нижеца ритIарал 38 азарго чияс гъоркь гъулбасарал кагътазе жаваб бачIана. Гьелда хъвалеб буго жидеца гьел кагътал Россиялъул цIех-рехалъул комитеталде ритIулел ругила, лъикIабун кинабго рахъалъ гьезул ва гьенир рехсаон ругел тIалабазул халгьабизе букIине.

Гьез щиб жаваб кьолебали бихьила, гьелдаса хадуб ургъизе руго ниж цIидасан митинг тIобитIизе рес кьейин абун юстициялъул министрелъиялде гIарзайищ битIилеб яги ракъунчIейищ лъазабилебали. Дагъистаналда нижеца митинг тIобитIизехъин букIараб 15 августалда террактал хIадурулел ругин абурала баянал кьолел ругила жанисел ишазул министерлъиялъ, гьелъ 20 сентябралде бахъейила митингиланги абун нижее бокьараб мехалда гьеб гьабизе течIо.

Гьеб ургъунго гьабулеб иш букIин лъала дида, гьединго нижеца гIемерал чагIи ракIаричIого рукIинеги чанги квалквалал гьарулел руго гьез. Нижеца гъалмагъир хIадурулеб бугин абурал гьерсалги руго тIиртIизарулел, амма кин букIаниги лъица щибилан абуниги нижеца къануналда данде кколареб цониги жо гьабизе гьечIо.

Гьединлъидал гьеб цIех-рехалъул комитеталъул жаваб щвезегIан чIун ругел ниж, гьеб щвезегIан чIечIони гьеб къанун хвезаби ккола» - гьедин бицана «Эркенлъи» радиоялъе АхIмадпаша ГIамирилаевас.

XS
SM
MD
LG