МагъчIваялъе рес

Ток гьечIого хутIараз шагьранух къан букIана


Щуго къоялъ канлъиги гьечIого хутIарал МахIачхъалаялъул, Батырайил, Нурадиловасул гьединго Ярагъиясул цIаралда бугеб къотIнор гIумру гьабун ругел гIадамал автомобилазе нухги къан къватIире рахъун рукIана, 04Aвг2015
Щуго къоялъ канлъиги гьечIого хутIарал МахIачхъалаялъул, Батырайил, Нурадиловасул гьединго Ярагъиясул цIаралда бугеб къотIнор гIумру гьабун ругел гIадамал автомобилазе нухги къан къватIире рахъун рукIана, 04Aвг2015

Полициялъул хIалтIухъабаз нахъе гъуна ункъабилеб августалда къватIире рахъун рукIарал МахIачахъалаялда гIумру гьабун ругел гIадамал. Щуго къоялъ канлъиги гьечIого хутIарал гьез къан букIана тахшагьаралъул Ярагъиясул цIаралда бугеб къватI. МахIачхъалаялъул администрациялъ гьезие рагIи кьуна къасиялде канлъи букIине бугилан.

Щуго къоялъ канлъиги гьечIого хутIарал МахIачхъалаялъул, Батырайил, Нурадиловасул гьединго Ярагъиясул цIаралда бугеб къотIнор гIумру гьабун ругел гIадамал автомобилазе нухги къан къватIире рахъун рукIана ункъабилеб августалъул радал сагIат ичIгоялда. Гьел киналго цIакъ ццидахун рукIана. Щуго къоялъ канлъиги гьечIого жидер холодильникалда жаниб букIанщинаб нигIмат гIадада хванилан рукIана гьел ракIбакъван. Гьеб гуребги гьал къояз хIаталдаса ун багIарун букIиналъги бугила цIакъ лазат бахъи гьабун. Канлъи къотIизабиялъе гIилла тIалаб гьабун чанго бакIалде кIалъаниги жидее лъицаниги жаваб кьечIилан бицана «Эркенлъиялъе» МухIамадгIалиев Ибрагьимица.

МухIамадгIалиев Ибрагьим: «ГIорхъолъа рорчIарал ахIвал-хIалазул рахъалъ министерлъиялде кIалъана ниж, «Горэлектросети» идараялдеги кIалъана лъихъаниги камилаб жаваб щвечIо, лъиданиги лъалеб жо гьечIо. КIиго сагIаталъ яхI гьабе, кIиго къоялдасан бачIине бугилан маргьаби рицана нижее гьалгощинал къояз, гьале щуго къо ана канлъи гьечIо, ахиралде гьез абулеб буго, жидеда гьабизе кIолеб жо гьечIин, щайгурелъул трансформатор бухIун бугин, канлъи букIине гьечIилан. Гьеб трансформатор анцIго нухалда бухIана, гьаниб аскIоб Батырайил къотIноб бугеб жо ккола гьеб, амма гьеб къачIазе лъицаниги гIамал гьабулеб гьечIо. Гьениб буго гьадинаб жо. Шагьар кIодолъулеб буго, чагIи цIикIкIунел руго гьанире рачIарал, соналдаса соналде риидал квешго бакъа багIарулеб букIиналъ гIемерлъулел руго рокъор кондиционерал лъолел чагIиги. Гьеб басрияб трансформаторалда абуни кIолеб гьечIо гьединаб токалъул тIадецуй хIехьезе. Нилъер Дагъистаналъул халкъ сабру кIудияб халкъ ккола, амма щуго гьаб багIариги хIехьон рукIине гьезухъаги бажарулеб гьечIо».

СагIат 11 тубараб гIужалде гьеб бакIалде рачIарал полициялъул хIалтIухъабаз биххизабун буго гьеб данделъи. Нужер гьаб митинго къауналда рекъечIого гьабураб бугилан лъазабун гьез ракIараразда. Амма щуго къоялъ жал канлъиги гьечIого рукIин гьеб къануналда рекъон бугеб жойищинха кколебилан абулеб буго нухде яхъун йикIарай, Нурадилова къотIной гIумру гьабун йигей МухIамадова Хадижатица.

Хадижат МухIамадова: «Милициялъ гьаниреги рачIун низам биххизабун киналъулго, руччаби рукIан гьез рукьги ккун рехъерхъулел нахъе. Гьезие хIалае рахъарал ца чанго гIолохъанчиги ана гьез жидерго автомобилалъув къазавун. Гьаб жо щибха букIунеб? Ниж кIалъачIеб, ниж инчIеб идараги хутIичIо, амма лъицаниги нижее жаваб кьолеб гьечIо, цо бакIалдаса абуни, нижее бокьун къотIизабунин нужее канлъи, ракь тун рукIайин цересаян ахIана телефоналъ. Учузго бичулеб батун 15 азарго гъурщиде гьан букIана дица холодильникалъуб лъун, гьебги махI бахъунеб букIун гIодобе базе ккана».

МахIачхъалаялъул администрациялъухъа «Эркенлъи» радиоялъухъе баянал щвечIо. Нижехъе щварал цогидал баяназда рекъон администарциялъ абун буго ток бикьулел кварал басралъун рукIиналъ кканин гьеб кинабго ва ункъабилеб августалъул бакъаниде тIадехун бицен гьабулел гIадамал гIумру гьабун ругеб бакIалде канлъи кьезе бугилан.

XS
SM
MD
LG