МагъчIваялъе рес

Дагъистаналъул полициялъулазе диван Ростовалда гьабизе буго


КватIичIого Ростовалда бугеб Шималияб Кавказалъул рагъулаб диваналъ хал гьабизе буго Дагъистаналдаса полициялъулазда хурхун гьабураб цIех-рехалъул. Дагъистаналдасан документал ритIун рачIун рукIин гурони, диван гьабулеб къо цIан гьечIо жеги.

Гьел полициялъулазул бищун аслиявлъун рикIкIунев вуго цеве Гъизилюрт мухъалъул нухмалъулевлъун вукIарав АсхIабгIали Загьирбегов, цинги гьесул рукIарал хIалтIухъаби – МахIмуд ХIайбулаев, МухIамад Пираев, ГIабдулмуслим МухIамадов, гьединго таможняялъул вукIарав хIалтIухъан Гъазияв Жамалудинов.

ЦIех-рехалъул баяназда рекъон, гьел чагIаз бечедал дагъистаниял талавур гьарулел рукIун руго. Масала, гьеб цIех-рехалда рехсолел руго гьадинал хIужаби.

Полициялъул ретIелги ретIун Гъарабудагъкент мухъалдасан Каспийскалде рачIунеб шагьраялдаги чIун, 2012 соналъул риидал гьел церехун рехсарал экс-полициялъулаз, чIвалилан хIинкъизеги гьарун, лъабго бизнесчиясухъа 43 млн гъурущ бахъун бугилан хъвалеб буго цIех-рехчагIаз.

Цинги хадусеб соналъул февралалда Дербент мухъалдаги гьабун буго гьелдаго релълъараб пиша – кIиго бизнесчиясухъа 35 млн гъурущ бахъун буго.

Нухда бечедал чагIиги талавур гьарун Гъизилюрталде тIадруссине гьезие кумек полициялъул нухмалъулев АсхIабгIали Загьирбеговас гьабулеб букIанин, гьес гьезухъа нахъе босулеб букIанин талавурлъиялдалъун щвараб гIарацгиян рикIкIунеб буго цIех-рехалъ.

Гьезда цадахъ вукIанин диваналъ чIезавурав ХIасан МусахIажиевги анлъго сонги кьун туснахъалъув вуго. Гьесги ГIабдулмуслим МухIамадовасги тIаса рищулел рукIанила щив-щив талавур гьавизе бегьулевани.

Низам цIунулез ралагьулел руго гьаб цебехун рехсараб къокъаялда цадахъ рукIиналда щаклъи бугел жеги ункъоял. Гьезул лъабгоялги полициялда хIалтIулел рукIун руго.

КватIичIого Ростовалда диван гьабизе бугел АсхIабгIали Загьирбеговасда, МахIмуд ХIайбулаевасда, МухIамад Пираевасда, ГIабдулмуслим МухIамадовасда, Гъазияв Жамалудиновасда хурхун гьабураб цIех-рех Дагъистаналъул ТIадегIанаб диваналъ прокуратураялде нахъбуссинабунги букIана исана марталда, гьелъул цIех-рех цIидасан гьабизе кколилан.

ПалхIасил, хадур гьел чагIи Дагъистаналъул ТIадегIанаб Диваналъ гIайибияллъун рикIкIана. Гьединлъидал гьанже Шималияб Кавказалъул рагъулаб диваналъгIаги гьел ритIухъ гьарураб хIукму къотIиялде бугин жидер хьулилан бицана ЭР-ялъе Жамалудинов Гъазиясул адвокат Калаев Султаница.

Бицен гьабулеб диваналде гьеб иш хал гьабизе битIиялъе гIилла ккола гьениб 206 статьяялъул цIар бахъулеб букIин. Гъоркьлъалие гIадамал росиялъул магIна буго гьениб. Туснахъ гьаруразе бокьун букIана жидер ишалъул хал гьаби гьа барал диванчагIазда тIад къазе. Амма гьез гьеб гьабичIого букIинелъун, ахиралда рахъун гьеб 206 абилеб статьялда рекъараб гIайибги жубанин гьанжелъагIан рукIарал гIайибазда тIадейин бицана ЭР-ялъе адвокат Султан Калаевас.

Султан Калаев: «Нижер ракIчIей буго, гьединго гьебго пикру ТIадегIанаб Диваналда бичIчIизабулагоги тату хвана нижер – гьеб 206 абилеб статья ургъунго бачун бугоан цIех-рехчагIаз гьеб ишалда гьоркьобе. Щайин абуни 206 абилеб статьяялда рекъон гъоркьлъалие гIадамал росиялда бан гIайиб гIунтIизабулеб бугони, гьеб диваналда гIахьаллъизе рес гьечIо гьа барал диванчагIазул.

Гьединаб мурад букIана цIех-рех гьабулезулги. Амма диваналда гьеб бичIчIизабизе бажаричIо нижехъа. ГIадамал гъоркьлъалие росун ратичIони, гьеб гIайиб тIаса рехиларищинха диваналъин абураб пикру бугоан Дагъистаналъул ТIадегIанаб диваналъул.

Амма гьеб мехалда гьелъул хал гьаби гьа барал диванчагIазухъ гуроха букIине бугеб, гIадатияб диваналъухъ букIине буго. Гьединлъидал гьединаб диванлъун Шималияб Кавказалъул рагъулаб диван бихьулеб бугеб къагIидаха Дагъистаналъул ТIадегIанаб диваналда».

Адвокат Султан Калаевас рикIкIунеб буго гIадамал гъоркьлъалие росараб мехалда пачалихъалда яги цо хасал чагIазда цере чIванкъотIарал тIалабал лъолин. Амма гьал гIайиб гIунтIизабулел чагIаз гьединал тIалабалги лъун рукIинчIин, гьединлъидал щивниги гъоркьлъалие восиялъул хIужаги ккечIин.

Гьанив цевехун бицен гьабулев АсхIабгIали Загьирбеговасул рахъалъ лъикIаб пикру букIана республикаялда цо къадаралъул. Жанисел ишазул министрлъунгицин тIамизе бегьулин гьев, экстремистазда данде кутакаб къеркьей гьабулеб бугин гьесиланги бицунаан.

Гьедин чанцIулго чIвазехъин вукIун, Загьирбегов ахираб заманалда рокъове, хъизаналъухъецин инчIого, хIалтIуда вукIана гIумруги гьабун. Гьединго Дагъистаналъул полициялъул нухмалъулезда гьоркьов бищунго машгьурлъун вукIана гьев интернеталдасан экстремистазде видеохитIабал гьарун.

XS
SM
MD
LG