МагъчIваялъе рес

ТIалибазулгун диалог халат бахъине буго


Пакистаналъул къватIисел ишазул министрас лъазабуна, Афгъанистаналъул тIадтаразул тIалибазулгун 31 июлялда рукIине кколел ракълилал кIалъа-басаял заманалъ нахъе рахъун ругин тIалибазул цевехъан Мулла МухIамад ГIумар хун вугин абураб лъазаби загьирабун букIиндал.

Reuters ва Al Jazeera агентлъабазул лъазабиязда рекъон, 30 июлялда ТIалибаналъул асар кIудиял церехъабаз жидерго цIияв цевехъанлъун Мулла Ахтар МухIамад Мансур вищанин. Гьес гIуцIанин 7 июлялда рехсарал кIалъа-басаязул тIоцебесеб рауналда гIахьаллъаразул къукъа.

ТIалибагналъул вакил Забиуллагь Мужагьидица дурус гьабуна Мулла Гумар 29 июлялда гIумруялдаса ватIалъанин. ГIиллалъун гьес лъазабуна захIматаб унти.

XS
SM
MD
LG