МагъчIваялъе рес

Коррупциялде данде рагъ халат бахъунеб буго


РИА «Дагестан» информ-агентлъиялъул хIалтIухъаби Фикрет Бабаев ва ГIали Зайдиевасда хурхун рагьараб иш Диваналде кьун буго. Гьезде гIайиб гIунтIизабулеб буго хIукуматалъул заказал тIубазе биччараб гIарац бикъиялда бан. Коррупциялда данде къеркьей Дагъистаналда бугилан абуниги, гьеб гьечIин абулеб буго экспертас, бикъулел чагIаз бикъаралъул бутIа кьун гIемерисел коррупциялъул хIужаби кIочон тунго хутIулила.

Араб соналъул ноябрь моцIалда Дагъистаналъул басмаялъул министерлъиялда гъорлъе унеб РИА «Дагестан» абураб информ-агентлъиялда хасал идарабаз тIобитIараб халгьабиялъул хIасилалда тIатинабун букIана 2012 соналда жаниб 9 млн. гъурщидаса цIикIкIараб гIарац гIолеб гIечIолъи.

Гьеб бикъун букIиналда щаклъи ккун, цIех-рехалъул идараялъ кинабгIаги гьеб заманалда хурхараб документация нахъе бахъун букIана гьениса. Агентлъиялда халгьаби тIобитIулеб заманаялъ гьелъул нухмалъулесул ишал тIуралевлъун вукIана Фикрет Бабаев.

Хадубалде гьеб агентлъиялъул 2012 соналда жанир гьарурал харжазул халгьабиялъ тIатинабун буго къануналда рекъечIогон харж гьабураб 2 млн. гъурущ букIин ва букIине кколеб гIарцул 627 азарго гъурущ камулеб букIин.

ЦIех-рехалъул идараялъ баян гьабухъе, информ-агентлъиялъул директорасул ишал тIуралев Фикрет Бабаевас ва бетIерав бухгалтер ГIали Зайдиевас данд бан бикъун буго гьеб гIарац, субсидиял гIадин хIукуматалъул заказал тIуразе бачIараб.

Гьедин, федералияб Казначействоялъул региналда бугеб бутIаялде хъван, гьенисан агентлъиялъул кассаяде бачIараб гIарац хIакъикъиял гурел кагътал гьарун нахъе босулеб букIун буго гьез. ГьабсагIаталда Дагъистаналъул прокуратураялъ гьеб иш МахIачхъала шагьаралъул Ленинский мухъалъулаб диваналде битIун бугин, гьениб тIобитIизе бугин ишалъул халгьабийин лъазабулеб буго прокуратураялъул сайталда.

Коррупциялда данде къеркьеялъул кигIан бицаниги гьединал хIужабазул бащалъиги диваналде шоларин, гьеб ишалъулъги гIемер ричIчIунгутIиял ругин, масал, 9 млн. гъурщидаса цIикIкIараб гIарац камун бугеб мехалъ гIицIго 2, 5 млн. гъурщил гурого нахъияб рахъ лъалеб гьечIин абулеб буго жамгIияв хIаракатчи МухIамад Шамиловас.

ГьабсагIаталда Дагъистаналда ришватчилъиялда данде рагъ базе хасал комиссарал тезе ругин абулеб бугила, амма гьел таниги течIонги гьелъул хIасил ккезе гьечIин, щайин абуни Жанисел ишазул идара ГIабдулатIиповасе тIубан мутIигIаб гьечIолъиялъин баян гьабуна гьес «Эркенлъи» радиоялъе.

МухIамад Шамилов: « Гьез жидерго хIукумат гьабун буго жалго жидеего гIурал, гьелда бан ГIабдулатIиповас гIуцIараб комиссиялъул ихтиярги гьезул ихтияразда бащалъуларо. Цогидаб бакIалдаса, жидецаго цадахъ бикъулеб гьез лъазе толаро. Жакъа къоялде лъагIан нилъер пачалихъалда гьабулеб хIалтIиялъул бицунаго ракIалде щола ЦIадаса ХIамзатил 1938 соналъ абурал рагIаби : «Ленинил гаражалда хьвагIараб жулил жваргъи бугин Дагъистаналда», - йилан абун.

Гьеданабго буго гьабсагIат Путинил буюрухъалда рекъон жваргъи. Кутакал чIухIарал чагIи рачIуна гьелъул бицине гьанире, амма гьабулеб жо щибго гьечIо. Улкаялъул буголъи бикъа-хъамиялда данде хIалтIи гьабуларо. Гьелъул бутIадулъ жалго тIалъиялъул чагIи рукIиналъ. МахIмуд ГIабдулхаикъовас абулаан «ГIанкIо бикъарав жанив къазавулев вуго, вагоназ бикъулев веццулев вуго»,- ян. Гьебго жо буго гьанибги».

Гьанибго абизе ккола, Дагъистаналъул прокуратураялъ 2015 соналъ тIатинабун букIанин «Дагестан» телекомпаниялда гьединго биччараб гIарац бикъиялъул хIужа. Телекомпаниялъул режисерас 1 млн. гъурщидаса цIикIкIараб гIарац къануналда рекъечIогон хвезабун букIиналда шаклъи буго.

XS
SM
MD
LG