МагъчIваялъе рес

Сербия-Босния: рокьукълъи дагьлъулеб гьечIо


Дагьалъ цебе халкъаздагьоркьосеб кIиго диваналъ геноцид абулеб рагIи хIалтIизабуна Босниялъул Сребреница росулъ гьабураб чIвадариялда бан. Гьелда разиял гьечIо Сербия ва Босниялъул сербал. ХIинкъи гьечIолъи цIунулеб Шураялъул даимаб мушавара-улкалъун кколеб Россиялъ хасаб данделъиялда резолюциялда вето лъун, абуна, гьелъул цо рахъалъулаб хасият бугин.

Резолюциялъул проекталъул презентация гьабулаго, Цолъарал Миллатазул ГIуцIиялда КIудияб Британиялъул илчи хисулев Питер Уилсица гьадин абуна:

Питер Уилс: «Гьеб проекталъ сербазул тIолго халкъалде гIайиб гIунтIизабулеб гьечIо. Гьелъ маслихIаталъе квербакъи гьабулеб буго. Ва гьабураб ишалъе мукIурлъи гьелъул шартIлъун ккола».

Цолъарал Миллатазул ГIуцIиялда Америкалъул илчилъун кколей Саманта Пауэр Балканабазда журналистлъун хIалтIулаан доба рагъ унеб мехалда. Гьелда бихьана Сребреницаялда лъугьа-бахъараб. Гьелъ гьадин абуна, Россиялъ рехсараб резолюциялда вето лъун хадусала.

Саманта Пауэр: «Россиялъул ветоялъ Сребреницаялда чIварал гIадамазул рухI бихъана, гьеб гуребги, гьеб ветоялъ Цолъарал Миллатазул ГIуцIиялъул ХIинкъи ГьечIолъиялъул Шураялъул къадру хвезабуна.

Саманта Пауэр
Саманта Пауэр

Сребреницаялда дун дандчIвана жиндирго ункъго вас вукъарай эбелгун. Гьел васал Сребреницаялда лахIтуялъур рукъун руго. ЧIварав щугояв васасул жаназа батичIо. Гьалеха гьай эбелалъул хьулалда вето лъуна жакъа Россиялъ».

Германиялда гIумру гьабулев чачаназул тарихчи ГIабумуслимов СагIид-ХIасаницагьадинаб къимат кьолеб буго Россиялъ гьабураб ветоялъе:

Абумуслимов СагIид-ХIасан: «Россиялъ гьеб резолюциялда вето лъун бугониги, гьелъул кIвар гьелдалъун дагьлъизе гьечIо. Щайха Россиялъ вето лъурабин гьикъани, ракIалде щвезаризе ккола жибго Россиялъ гIурус гурел халкъазде данде гьарурал ва гьарулел такъсирал. Гьале хасго гьеб сабаблъун Москва разияб гьечIо Сребреницаялда гьабураб чIвадари геноцидлъун рикIкIине».

Жиндир заманалда СагIид-ХIасан вукIана чачаназул геноцидалъул суал борхизабуразда гъорлъ. Гьес гьадин ракIалде щвезабулеб буго:

Абумуслимов СагIид-ХIасан: «Геноцид къабул гьабиялъул суал ва гьелдаго цадахъ моралияб, тарихияб ва юридикияб жавабчилъиялде гIайибиял цIаялъул суал чачаназул хIаракатчагIаз тIоцебего борхизабуна жиндирго лъидаго бачIеблъи лъазабун хадусала. 1994 соналда гIуцIун букIана хасаб конференция "Совет Союзалда халкъал тIагIинариялъул балагьилан" абулеб цIаралда гъоркь.

СагIид-ХIасан Абумуслимов
СагIид-ХIасан Абумуслимов

ГIицго чачан халкъалъул гуребги - депортация гьабурал цогидал халкъазулги бицен унеб букIана доба. Гьеб гуребги - хасаб трибуналги гIуцIун букIана. Байбихьуда геноцид къабул гьабиялъул масъала цебе лъолеб букIинчIо нижеца. Нижер мурад букIана гьарурал такъсиразул цIех-рех гьаби. Амма гьеб букIинчIо халкъаздагьоркьосеб даражаялда гьабураб хIалтIи.

Хадуб нижеца борхана геноцидалъул суалги, Европарламенталъул депутатазулгун кIалъа-басаял тIоритIулаго. Дицаги гьединаб жигарчилъи гьабулаан гьаниб, Германиялда. Нижер аслияб пикру гьадинаб букIана. ТIоцебесебги кIиабилебги рагъ Россиялъ багъаризабуна, ва лъицаниги лъиениги тамихI гьабичIо гьелъухъ.

Лъицаниги какичIо Россиялъ ХIХ гIасруялда гьабураб зулмуги. ПалхIасил кьучI буго чачаназде ва гъалгъазде данде гьарурал такъсириял ишал геноцидлъун рикIкIине. Ахир-къад ратана нижер жигаралъе гьелъие квербакъи гьабизе хIадурал Европарламенталъул депутатал. Аслияб къагIидаялда гьел рукIана Италиялдаса Трансрадикалияб партиялъул вакилзаби.

Гьезда кIвана Европарламенталъул цогидал депутатал жидерго рахъалде цIазе. Хасго гъозул гьадинаб хIаракатчилъиялдалъун 2004 соналъул 26 февралалда Европарламенталъ къабул гьабуна чачаназе данде гьабураб зулму - геноцидалъул актлъун рикIкIунеб резолюция.

Абизе ккараб буго гьадинаб жо: узухъда, чергессазулги, гъарачаязулги, балкаразулги, гъалгъазулги, крымтатаразулги геноцид къабул гьабизе кколаан халкъаздагьоркьосеб жамгIияталъ. Амма Европарламенталъ гIицIго чачаназул геноцид къабул гьабуна доб мехалъ республикаялда унеб букIараб рагъда балагьулаго.

Амма нижеца, ай чачаназул хIваракатчагIаз гьал рехсарал халкъазул вакилзабазде чанги нухалъ хитIаб гьабулаан, нужецаги гадинабго хIаракат бахъанани лъикI букIинаанин абун. Европарламенталда цебе нужерго суал лъеян абун».

СагIид-ХIасаница абулеб буго Европарламенталъ къабул гьабураб резолюция хIасил гьечIого хутIун бугониги, жинца гьелъул кIвар нахъ чIвалеб гьечIин.

Абумуслимов СагIид-ХIасан: «Европарламенталъ чачаназда хурхараб резолюциялъул юридикияб хIасил ккечIо. Россиялъ сан гьабичIого тана гьеб хIужа, гьелда дагIбацин бачIого. Щай? Щайгурелъул доб заманалъул Европарламенталъул гьедегIан кIудияб асар букIинчIо гьаб жакъасеб Европарламенталде данде ккун.

Доб резолюциялъ гIицIго политикияб къимат кьуна Чачан респубикаялда лъугьа-бахъаралъе. 2004 соналдаса нахъе Европарламенталъул реформа тIобитIана. Ва гьадинабго резолюция жакъасеб Европарламенталъ къабул гьабурабани, батIияб хIасил букIинаан гьелъул.

Масала доб депортация битIараб ищ букIана, ян абулел гIемерал гIадамал руго жакъа Россиялда. Гьанжесеб Германиялда Холокост нахъ чIвалев чиясе хъващтIан диван гьабила. Гьале гьадинаб къагIидаялда хIалтIизе ккола резолюция. Хасаб къанун къабул гьабизабизе ккола гьелъ.

Амма кин бугониги Европарламенталъ къабул гьабураб рехсараб резолюциялъул кIвар дица нахъ чIвалеб гьечIо. Дица гьеб тIоцебесеб галилъун рикIкIула».

2011 соналъул 21 маялда Гуржистаналъул парламенталъ къабул гьабуна ХIХ гIасруялда Россиялъ гьабураб чергесазул геноцид. Гьелда цебе Кавказ халкъазул Конфедерациялъ къабул гьабуна Чачан республикаялъул лъидаго бачIеблъи. Конфедерациялъул бетIер Заал Кесарашвилица нижер программаялъе хас гьабун абулеб буго:

Заал Кесарашвили: Гуржиял ва цогидал кавказиял гьабсагIат гьадинаб ахIвал-хIалалда руго: ялъуни Россиялъулгун бухьенал щулалъизаризе ккола, яги тIуризе ккола гьел. Амма кин бугониги хIажатаб буго хIакъикъат. ТIадаб буго аралъе битIараб къимат кьезе ва букIинеселъе ритIухъаб кьучI лъезе.

2008 соналда Абхазия лъидаго бачIеб республикалъун Россиялъ къабул гьабун хадусала ва Жанубияб Гьиристан гьадинабго лъидаго бачIеб республикалъун лъазабун хадусала, Кавказ халкъазул Конфедерациялъ ва гьелдаго цадахъ цебесеб Совет Союзалъул гIурхъи тун, къватIирехун арал кавказияз хIукму гьабуна Чачан республикаялъул лъидаго бачIеблъи къабул гьабизе. Масала 32 азарго чи вугеб Жанубияб Гьиристаналъул лъидаго бачIеблъи къабул гьабураб мехалъ, щай бегулареб миллион гIанасев чи вугеб Чачан республикаялъул гьадинабго лъидаго бачIеблъи къабул гьабизе.

Заал Кесарашвили
Заал Кесарашвили

Гьеб масъала нижеца тIубазабуна хIукуматалъул гуреб - жамгIияб даражаялда. Гьелдаса нахъе нижедехун руссун, чергессал гьарана жидее ХIХ- гIасруялда Россиялъ гьабураб зулму геноцидлъун рикIкIеян абун. ГIуцIун букIана тарихчагIазул комиссия. Байбихьана тарихияб цIех-рех. Гьабуна хIасил - у, доб букIанин унго-унгояб геноцид. Парламенталъ гьеб хIасил гIадахъ босана ва къабул гьабуна чергесазул геноцид.

Сребреницаялда 1995 соналда букIараб чIвадариялда Цолъарал Миллатазул ГIуцIиялъ абуна гьеб букIанин Дунялалъул КIиабилеб рагъдаса нахъе Европаялда гьабураб бищун вахIщияб такъсирилан.

Шамат къоялъ Сребреницаялда букIараб чIегIер баялъул тадбиралда гьанжего-гьанже батараб жеги 136 чиясул жаназа букъун буго. Гьеб тадбиралда гIахьаллъана анцI-анцI азар чи.

Гьенире рачIана Евроцолъиялъул къватIисеб политикаялъул бетIер Федерика Моргени, Америкалъул Цолъарал Штатазул экс-президент Билл Клинтон, Туркиялъул премьер-министр АхIмад Давудогълу, Британиялъул нуцалай Анна, Ордоналъул къиралай Нур.

Тадбиралда кIалъазе вахъарав Цолъарал Штатазул экс-президент Билл Клинтоница гьадинаб къимат кьуна Сребреницаялде вачIине г Алексендр Вучичица гьабураб хIужаялъе.

Билл Клинтон: «Босниялъул гьудул хIисабалда дие бокьун буго баркала кьезе Сербиялъул премьер-министр Александр Вучичие гьес гьадинаб таваккаллъи гьабурадухъ. Дида ккола гьеб бугин кIвар кIудияб хIужа.

Билл Клинтон
Билл Клинтон

Дица гьарулеб буго гIайиб гьечIого чIварал бихьиназул ва гIолохъанал васазул хIурматалъе тIамураб гьаб монумент гIицIго пашманлъиялъул ишаралъун рикIкIунге нужеца. БукIа гьеб цолъиялъе, эркенлъиялъе, демократиялъе, цебетIеялъе щулияб кьучIлъун».

Сербазда бараб босниязул рокьукълъи дагьлъулеб гьечIолъиялъе нугIлъи гьабулеб буго гьадинаб хIужаялъ.

Гьениве вачIарав Сербиялъул премьер-министр Александр Вучичиде цо-цо гIадамаз ганчIал речIана. Бигьаго лъукъарав гьев жиндирго автомобилалде рекIун хехго ана нахъе.

ХIужа ккана Сербиялъул делегациялъ монументалда гъоркь тIугьдул лъун хадусала. Вучичица гьабураб пашманаб каламалдаса нахъе ахIи-хIур багъарана, ян лъазабуна Сербиялъул телевидениялъ. Сребреницаялде сапар бухьизегIан Александр Вучичица жиндирго рагьараб кагътида хъвана, Сербиялъ чIван къотIун какулеб бугин доб вахIщияб такъсир ва гьеб гьабуразе тамихI гьабизе бугин.

XS
SM
MD
LG