МагъчIваялъе рес

Гьарзаяб бачIин: рохиялъейищ яги къварилъиялъейищ?


Дагъистаналъул мугIрузул мухъазда байбихьана ахбазан бакIариялъул сезон. Исана барщараб пихъ гIемераб букIиналъ гьелъул цIакъ кIудияб къадар бакIаризе ракIалда буго пихъ гIезабулезда. Амма гьелдаго гьоркьор квал-квалалги камулел гьечIин абулеб буго гьез. Кинал захIмалъабигун дандчIвалел ругел Дагъистаналъул пихъ гIезабулел чагIиян цIех-рех гьабуна нижер мухбирас.

Исана пихъил бачIин лъикIго бугилан рази руго мугIрузул мухъазда ахбазан гIезабулел чагIи. Мисалалъе Гумбет мухъалда ругел чагIаз абулеб буго ункъазарго тонна пихъил бакIаризе ракIалда бугин жидедаян. Гьеб мухъалда аслияб куцалъ пихъидалъун бетIербахъи гьабулел росаби ккола ЧIикь, ЧIиркъатIа, Инхо гIадал росаби. Амма пихъ гIемераб букIаниги цадахъго квал-квалалги камулел гьечIо гьезул. Мисалалъе гьезул гIарз буго гьеб мухъалда пихъил нигIматал гIезарулеб завод гьечIолъиялда бан жидеца кинабниги ахбазан къватIибе баччизе кколеб бугилан. Гьелъул хIакъалъулъ гьадин бицунеб буго «Эркенлъи» радиоялъе Гумбет мухъалъул росдал магIишаталъул бутIаялъул нухмалъулев Мутаев ХIусеница.

Мутаев ХIусен: «Нижерго гьаниб пихъил нигIматал хIадурулеб завод гьечIолъиялда бан МахIачхъалаялдегун, Хасавюрталде баччизе кколеб буго нижеца пихъ. Бищун гIагарда бугеб завод буго Хьаргаби мухъалда, амма гьезул жидерго буго пихъ нижералдасаги гIемераб».

ЭР: «Нужер мухъалда букIинчIиш гьединаб завод?».

Мутаев ХIусен: «БукIана гьединаб завод цебе ЧIиркъатIа росулъ, амма анцIго сониги буго гьеб хIалтIулеб гьечIелдаса. Гьеб хIалтIизабизе инвесторал ралагьулел ругиланги абулеб буго, амма жеги гьел ратун гьечIо».

ЭР: «Шагьаралде пихъ баччизе ккеялдалъун нужеда дандчIвалел захIмалъаби кинал ругел?».

Мутаев ХIусен: «Гъобаги гIемерлъун букIуна пихъ. Нижехъаги босун бичулел чагIазе багьаби рекъезарулаго гIемер заман балеб буго, росулъаго бичизе бажарулеб букIарабани киназего лъикI букIине букIана, амма цоккураб низам гьечIого буго гьениб».

Пихъ барщизе байбихьун буго гьединго Дагъистаналъул цогидал мухъаздаги. ГьабсагIаталда хIалтIулел ругел пихъил нигIматал гIезарулел заводал руго Хьаргаби мухъалъул КIикIуни, Унсоколо мухъалъул Зирани, Хунзахъ мухъалъул Харахьи росабалъ. Цебе гьединабго завод букIана Шамил мухъалъул Гьолокь росулъги, амма гьабсагIат завод хIалтIулеб гьечIолъиялдалъун Гьакьадерилги кинабго пихъ бичизе къватIибе баччизе кколеб буго. Амма ЧIалдаса Къороде щвезегIан бугеб шагьранух къаралдаса ГьоцIалъан сверун ине кколел рукIиналда бан гьелъ кIудияб зарал ккезабизехъин буго гьакьадерил пихъ гIезабулезе. КигIаналде гьеб зарал бахине бугебали «Эркенлъи» радиоялъе бицунеб буго Гьолокь росдал бегавул ХIамзатов МухIмадица

ХIамзатов МухIамад: «Жакъа дица цо «Газель» автомобиль цIолеб бугони, цадахъ цогиги цIезе кколеб буго БагIараб кьодухъе щвезегIан. Лъабго тоннагIаги гьечIого чи къватIиве вахъинишха. Гьединал ресал ратизе кколел руго».

ЭР: «Гьелдалъун нужее кколеб зарал кигIаналде бахунеб бугеб?».

ХIамзатов МухIамад: «Мисалалъе, нусго миллион щвезе рес букIун батани гьел квал-квалал сабаблъун нижее шолеб буго гIицIго 50 миллион гъурущ. Гьеб бищун гIодобегIанаб къадар. ХIисаб гьабеха чIахIиял «трайлерал» автомобилалги рачIунел гьечIони кинха пихъ къватIибе баччун лъугIилеб, гьедин чан нух нижеца базе кколеб бугеб, цохIо газелал цIун пихъ баччун лъугIилиш?».

ЭР: «Нужерго росулъ букIараб пихъил нигIматал гIезарулеб завод цIигьабизе рес гьечIиш?».

ХIамзатов МухIамад: « Гьеб хIалтIизе биччазе нухал ралагьулел гьечIоха тIалъиялъ. ГIарац гьечIила, абила добила, гIемерал багьанаби рачун лъугIизабулеб буго хабар».

Гьединабго зарал ккезе бугин Гьонодисезул, Къородисезул ЗагIиб, МагIлиб ва гьел гурел цогидалги сверухъ ругел росабазул пихъ гIезабулел чагIазегиян абуна ХIамзатов МухIамадица хадубги.

Гьеб нух къачIан лъугIичIони жал митингалде рахъине ругилан лъазабун букIана дагьал церегIан къояз ЛъаратIа ва Шамил мухъалъул гIадамаз. Амма Дагъистаналъул хIукуматалъул нухмалъиялда шагьранух цIигьабизе ракIалдацин гьечIин ккола.

XS
SM
MD
LG