МагъчIваялъе рес

МахIачхъалаялъул мэрасул тах жагъаллъун бугин ккола


25 июналда Дагъистаналъул парламенталъ хал гьабизе буго МахIачхъала шагьаралъул мэрасул ишал тIуразарулев МухIамад Сулеймановги Гъизилюрт мухъалъул нухмалъулев МухIамад ШихсагIидовги Халкъияб Мажлисалъул депутаталлъун рикIкIинищ-рикIкIинарищали.

Гьединан лъазабуна гьелъул вакилзабаз журналистазда 22 июналда. Мандаталъул комиссиялъул данделъи букIана гьениб.

Официалияб куцалда гьелъие бачунеб гIиллаги буго – масала, къануналда рекъон, муниципалияб гIуцIиялъул бетIерлъун вугев чи парламенталъул депутатлъунги вукIине бегьуларин абураб. Амма гьелда бан щаклъи бижулеб буго цо-цоязул. Масала, къануналда рекъон гьабизе кколеб батани, гьанжелъагIан щайила Шабанов МухIамад тун вукIарав. Гъизилюрт мухъалъул нухмалъиялде гьев ккун кIигониги сон буго. Гьединлъидал МахIачхъала шагьаралъул мэрасул ишал тIуразарулев МухIамад Сулеймановасе ургъараб жо бугин гьебин абураб пикруялде рачIунел руго республикаялда цо-цо политологалги журналисталги.

Гьанже рахъун мандатазул комиссиялъул данделъиги тIобитIун гьеб Сулеймановасул мандаталъул суал борхиялъе гIилла бугин гьанжегIагар вице-спикер СайгидахIмад АхIмадовасеги МухIамад Сулеймановасдаги гьоркьоб ккараб хъачIаб хабарин рикIкIунеб буго журналист МухIамад ГIабдурашидовас. Гьадин бицана гьес ЭР-лъе.

МухIамад ГIабдурашидов: «Жидедаго гьоркьоб бугеб бичIчIунгутIиялъ гьанже хъулухъалъеги квалквал гьабулеб буго. Масала, Гъизилюрт мухъалъул бетIер МухIамад Шабанов гьанжелъагIан щай ракIалде щолев вукIинчIев? КIигониги сон бугин гьев гьеб хъулухъалде ккаралдаса. Гьединго МахIачхъалаялъул мэрасул ишал тIуразе МухIамад Сулеймановасда тIадкъаралдасаги лъагIелгун бащадалдасаги ана. ГьанжелъагIан гьевги живго тун вукIана гурищ? Кинабго байбихьун буго «Единая Россиялъул» гIуцIиялъулъ МахIачхъалаялдасан щал рихьизарилел абураб суалалдасан. МахIачхъалаялъулаз битIараб сияхI рекIее гIун гьечIо республикаялъулазе.

ГьедигIан цIакъ лъугьине ккани, республикаялъул парламенталъул спикерасул васаса нухмалъи гьабулеб Буйнакск мухъаладса бачIараб гьединабго сияхIалде щай гъол тIаделъичIел? Спикер Хизри ШихсагIидовасул гIагарлъиялъул чанги чи вуго парламенталъул депутаталлъун. ГьабсагIаталда шагьарги тун бигьаго нахъе витIун жо кколаро гъов, Сулейманов. Щайин абуни жеги гIемер буго гьес байбихьараб, амма лъугIичIого хутIараб хIалтIи. Гьадингоги гIезегIан хIалтIи гьабуна гъос экс-мэр СагIид Амировасул чагIи тIалъиялдаса нахъе гъезеги, гьезухъ букIараб магIишат нахъе бахъизеги. Гьанже хIисбаалде босе цойги рахъги. Масала, цере Амировасул рахъалда рукIарал цо-цо чагIи гьанжесеб республикаялъул тIалъиялда гъорлъе рачIун руго. Масала, цеве Амировасул администрациялда спорталъул ва гIолилазул ишазул комитеталъул нухмалъиялда вукIана Ислам ГIалиев. Гьанжейин абуни гьев спикер Хизри ШихсагIидовасул командаялда гъорлъ вуго».

Гьединлъидал гьабсагIаталда чIванкъотIун къимат кьезе кIоларин лъилгун бугеб лъил гьеб конфликт гьебалиян тIаде жубана МухIамад ГIабдурашидовас. Республикаялъул бетIер Рамазан ГIабдулатIиповасулгун МухIамад Сулеймановасулищ, яги Сулеймановасулгун экс-мэр СагIид Амировасул чагIазулищали. Гьединго кIвар буссинабизе ккола мэрасул ишал тIуразарулев МухIамад Сулейманов республикаялъул премьер-министр ГIабдусамад ХIамидовасул вацгIал вукIиналдеги. Гьединлъидал гьеб конфликт гIицIго ХIамидовазул тухумалъул чагIазулгун тIалъиялъул бугин, яги гIицIго даргиязулгун магIарулазул бугин абизе бегьуларо, ГIабдурашидовасул пикруялда рекъон. Щайин абуни цебе гIадин гьанже Дагъистаналда хутIун гьечIо цо миллаталда яги цо цIаралда хурхараб тухумчилъи (клан). Гьел киналго цоцалъ журан руго церего.

ПалхIасил, кин батаниги, республикаялъул тахшагьаралда билълъун ун буго Сулейманов МахIачхъалаялъул мэрасул хъулухъалда тасдикъ гьавуларин абураб пикру. ЭР-хъе щварал баяназда рекъон, Сулейманов живгоги мукIурлъарав гIадин вуго нахъе ине. Амма гьес яги гьесул пресс-хъулухъалъ гьарурал официалиял лъазабиял гьечIо. ГIицIго ракI рагьараб гара-чIвариялда гьез абизе бегьула гьел ругин исана сентябралда МахIачхъалаялда мэрасул рищиязда МухIамад Сулеймановасул рукIинесел оппонентазул макрабиги харбалги.

XS
SM
MD
LG