МагъчIваялъе рес

Тбилисиялда тIабигIияб балагьалъул хIасилалда хваразул къадар бахана 12 чиясде


Тбилисиялда тIабигIияб балагьалъул хIасилалда хваразул къадар бахана 12 чиясде. Киве ккаравали лъачIого тIагIаравлъун рикIкIунев вуго 10 чи.

Гуржиялъ вугев нижер радиоялъул мухбирасул лъазабиялда рекъон, тахшагьаралъул бакьулъан унеб Вере гIоралъул лъин кIанцIун буго, чIвахун цIад балеб мехалда. Лъеде гъоркье ккун руго нухал ва къватIал. Транспорталъул хьвади шагьаралда тIубанго чIезабун буго. Тбилисиялъул мэриялъул баяназда рекъон, лъеца тIад тIох гьечIого хутIизабун буго 40-ялдасаги цIикIкIун хъизан.

КIудияб зарал ккун буго зоопаркалъеги. Нус-нус хIайван хун буго. Амма зоопаркалъул нухмалъиялъ лъазабулеб буго, цо-цо хIайваназда бажаранин хIинкъи гьечIеб бакIалде рорчIизе. Гьезул цо-цоял чIвазеги кканин, гIадамазул гIумруялъе хIинкъи букIиналъин.

Цебеккунисеб хIисабалда рекъон, тIабигьияб балагьалъ ккезабураб зарал борцине бегьулеб буго 50 миллион долларалъ. 15 июнь гуржиялъ лъазабун буго чIегIер баялъул къолъун.

XS
SM
MD
LG