МагъчIваялъе рес

Малала Юсуфзайиде тIаде кIанцIаразул микьгояв эркен гьавун вуго


Пакистаналъул полициялъ лъазабухъе гражданияй хIаракатчIужу Малала Юсуфзайиде тIадекIанцIиялъул гIайиб гIунтIизабун аресталде гъоркье восун вукIарав 10 чиясда гъорлъан микьгояв эркен гьавун вуго.

Цебе гьабураб лъазабиялда абулеб букIана инсанасул ихтиярал цIунулелде тIадекIанцIарав анцIавго чиясе диваналъ тIолабго гIумруялъул туснахъалъул тамихI къотIанин. Амма гьанже полициялъ гьеб информация нахъ чIвалеб буго.

Сват абураб округалъул полициялъул бетIерасул рагIабазда, микьго чи эркен гьавун вуго гьезде гIунтIизабулеб гIайибалъе гIурал далилал гьечIолъиялъ.

Гьеб ишалда хурхун диваналъул процесс тIобитIулеб букIана къараб режималда.

17 сон барай Малал Юсуфзайиде талибал тIадекIанцIана 2012 соналъул октябралда, гьелъ Пакистаналъул ясазе лъай кьеялда хурхараб кампания интернеталда бачунеб букIиналъе гIоло. Талибаз гьелъул ботролъ речIана танчидаса.

Гьей хвасар гьаюна Британиялъул тохтурхабаз ва гьей гьеб улкаялдаго чIана. 2014 соналда Юсуфзай яхъана Нобелил ракълил премиялъул лауреатлъун.

XS
SM
MD
LG