МагъчIваялъе рес

Конфликт багъараралдаса нахъе Украиналда хун вуго анлъазаргоялдаса цIикIкIун чи


Украиналъул машрикъалъул рахъалда унеб конфликталъул хIасилдалда гIумруялдаса ватIа гьавун вуго 6417 ва лъукъун вуго 16 азарго гIанав чи цебесеб соналъул апрелалдаса байбихьунин, абулеб буго Цолъарал миллатазул гIуцIиялъул Инсанасул ихтиярал цIуниялъул рахъалдаса идараялъул Украиналда бугеб ахIвал-хIалалда хурхараб анцIабилеб докладалда.

Документ бахъана Цолъарал миллаталъул гIуцIилъул сайталда 30 маялда.

Цолъарал миллатазул гIуцIиялъул идараялъ кIвар буссинабулеб буго конфликт загьирлъулел бакIазда инсанасул ихтиярал хвезарулел рукIиналде, къануналде данде кколареб къагIидаялда гIадамал кквеялде, гьезие диваналъул хIукму гьечIеб тамихI гьабиялде, гIадамал социалиялгун экономикиял ресазда махIрум гьариялде.

Идараялъул хIисабалда, тунка-гIусиязе гIоло ихтиярал хвезарулел руго конфликталъул зонаялда вугев щуго гIанав миллион чиясул.

XS
SM
MD
LG