МагъчIваялъе рес

Еврокомиссиялъ какулеб буго Евромайданалъул хIужабазда хурхун унеб цIех-рехх


Европаялъул комиссиялъ какулеб буго Киевалда 20I3 соналъул ноябралдаса 20I4 соналъул февралалде щвезегIан халат бахъунеб букIараб «Евромайданалъул» гIахьалчагIазда хурхун зулмуялъул цIех-рех унеб куц.

Экспертазул къиматалда рекъон, Майданалда загьирлъарал бидулал хIужжабазда хурхун Украиналъул цIех-реххчагIаз гьабураб хIалтIи данде кколеб рагIуларо «Инсанасул ихтиярал цIуниялда сверун Европаялъул конвециялде».

Экспертаз абулеб буго, цIех-реххалъул гIахьалчагIазе гIолеб букIинчIин лъиданиги бачIоголъи, хасго гьезул жидерго идарабазда хурхарал къанунал хвеялъул хIужжабазда хъвараб мехалдайин.

2013-2014 соналда Украиналда загьирлъарал протесталъул акцияз ахир лъуна президент Виктор Януковичил нухмалъиялъе.

XS
SM
MD
LG