МагъчIваялъе рес

Медиарейтингалда Дагъистаналъул бетIерасул цIар тIаде ун буго


Россиялъул губернаторазул медиарейтингалда Дагъистаналъул бетIер Рамазан ГIабдулатIипов 12 абилеб бакIалда вуго. Гьелда цебехун гъоркьисала риидал гьабураб рейтингалда гьев 15 абилеб бакIалда вукIана.

Медиарейтингалъул байбихьуда руго Чачан Республикаялъул нухмалъулев Рамзан Къадировги, Москваялъул мэр Сергей Собянинги, Крымалъул нухмалъулев Сергей Аксеновги.

Гьеб медиарейтингалда вихьизавун вуго кинавниги 85 губернаторниги субъекталъул нухмалъулевниги. Дагъистаналъул нухмалъулев вачIун вуго 12 абилеб бакIалде. Рейтингалъул ахиралда вуго ЖугьутIазул автономияб мухъалъул нухмалъулев Александр Винник.

Щибаб нухалда медиарейтингалъул байбихьуда яги Чачан Республикаялъул нухмалъулев Рамзан Къадиров, ялъуни Москваялъул мэр Сергей Собянин рукIунеблъи хIакъаб жо бугин бицана ЭР-ялъе Денга Халидовас. Гьев ккола Дагъистаналъул бетIер Рамазан ГIабдулатIиповасул гIакълучи. Чачаналъ букIараб кIиябго рагъул хIисабги гьабун, Къадировасдехун президент Путинил хасаб бербалагьи бугин абулеб буго Халидовас.

Медиарейтингалъул 12 абилеб бакIалда Дагъистаналъул бетIер Рамазан ГIабдулатIипов ватани, гьебги гIезегIан лъикIаб хIасил буго, Халидовасул пикруялда рекъон. Прессаялдасан ГIабдулатIиповасул цIар рехсезе лъугьанин исана 22 январалда гьес Халкъияб Мажлисалде гьабураб хитIабалъе гIоло ва гьанжегIагар МахIачхъалаялда тIоритIарал стратегиял сессиязе гIолойин рикIкIунеб буго республикаялъул бетIерасул гIакълучияс.

Хас гьабун республикаялда жаниб гьабулеб хIалтIи борцунеб букIарабни, жинца гьев лъелаанин бищун лъикIал губернаторазул щугоясда гьоркьовин абуна Денга Халидовас.

Амма гьаб ккола Россиялъул ва къватIисел улкабазул журналистаз цIар рехсеялда бан гIуцIараб рейтинг. Гьедин гьез Рамзан Къадировасул цIар гIемер рехсанин Украинаялда хурхун гьарурал кIалъаязе гIологи, МухIамад Аварагасул цIар цIунун Грозныялда тIобитIараб митингалъе гIологийин абуна ЭР-ялъе Денга Халидовас.

Денга Халидов: «Къадиров федералиял СМИяздасан кIалъана Украинаялда бугеб ахIвал-хIалалъе къимат кьун. Гьединго Парижалда МухIамад Аварагасда тIасан карикатураби рахъиялда данде кIудияб митинг гьабуна. Гьединлъидал гьесул рейтинг киданиги гIодобегIанаб букIунаро. Нилъерасин абуни (Р. ГIабдулатIиповас – ЭР) кIвар кьола рейтингалде гуреб, республикаялда гьабулеб хIалтIул хIасилалде: тIуралел ругищ республикаялда чара гьечIого хIажатал проектал, гьечIелищали. ГьечIел ратани, щал гьелъие гIайибиял: бакIалъул министралищ, федералиялищ? Гьединлъидал, Къадировасда дандеккун, ГIабдулатIиповасул рейтинг дагьаб батаниги, республикаялда жаниб гьес гьабулеб хIалтIи халкъалда бихьулеб буго».

Рамзан Къадировасдехун федералиялги къватIисел улкабазулги журналистазул интерес бижиялъе цойги гIилла буго. ГьанжегIагар раккун рукIана гьев Россиялъул цо министерлъиялъул нухмалъуда толев вугилан абурал баянал.

Амма Къадировас гIадин Украинаялда яги Парижалда гьабураб теракталда хурхун кIалъаял гьаричIониги, медиадунялалда Рамазан ГIабдулатIипов цIакъ машгьурав чи вугин абуна ЭР-ялъе МухIамад БисавгIалиевас. Гьев ккола «Дагъистан» журналалъул бетIерав редактор. Цин бугони, Россиялда кIуди-кIудиял хъулухъаздаги хIалтIун некIого машгьурлъун вукIанила гьев. КIиабизе бугони, Рамазан ГIабдулатIиповасе жиндиегоги бокьулила журналистазулгун гара-чIвариял гьаризе.

МухIамад БисавгIалиев: «Информациялъул щиб агентлъи батаниги, гьезул щибалъе жаваб кьола гьес. Гаргадизе бокьула гъосие».

Рамазан ГIабдулатIиповасда дандеккун, цогидал губернаторал, нухмалъулел ругин прессагун дандчIвазе бокьуларел, гьелдаса рикIкIад чIолелин абуна МухIамад БисавгIалиевас.

Гьаниб тIаде жубазе ккола, Шималияб Кавказалъул республикабазул бутIрузул рейтингалда Дагъистаналъул бетIер кIиабилеб бакIалда вуго. Чачан Республикаялъул бетIер гьенивги тIоцебесеб бакIалда вуго. Лъабабилелда вуго Ингушетиялъул нухмалъулев.

XS
SM
MD
LG